Хочбарил ватIаналъул тарих

 

    Гьал къоязда МахIачхъалаялда, Миллияб библиотекаялда, тIо­битIана «Хотода — родина легендарного Хочбара» абураб тIехьалъул презентация.

    Гьелъул автор ккола Шамил районалъул нухмалъулесул заместитель МахIач МахIачев. Тарихчи хIисабалда тIехьалъе цензорлъи гьабуна ДФИЦалъул тарихалъулгун археологиялъул ва этнографи- ялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан МачIадаса МухIамад ШехмухIамадовас.

   МахIачица материал данде гьабизе байбихьун буго 15 соналъ цебего. Амма гьел рукIун руго тIехь хъвазе мурадалда гуреб, мунагьал чураяв эменгун цадахъ жидерго кьолбол хIакъалъулъ ракIарулел баянал. Масала, аслияб куцалда гьез тIадчIей гьабулеб букIун буго кьолбол кIудияв, ГьитIинасул къисматалда хурхарал хIужаби ралагьиялда. Гьев кколаан Шамилил наиб.

    Гьедин анкьумумуздаса бахъарал жидерго наслуялъул чагIиги тIатинарун, МахIачил хIукму ккун буго росдал цогидал тухумазул хIакъикъат лъазабизеги.

   Гьадин бицана М. МахIачевас «ХIакъикъаталъе»:

    — ТIехьалда гъорлъе рачинчIого хутIарал хIужабиги ккана. Масала, анкьго соналъ наиблъи гьабурав ГьитIинасул хIакъалъулъ материал цинтIаго гуро кодобе щвараб. Гьанжени кинабго роцIанин ккараб мехалда тIатунел рукIана цогидалги хIужаби. БитIун тIехь басмаханаялде кьураб заманалдаги загьирлъана гьес ва гьесухъе хъварал кагътал. Гьединлъидал дагьалъ чIун гьездасан гIуцIараб монография биччазе ракIалда буго.

     ГьитIинав 1851 соналда тIамун вукIана наиблъун. Анкьго соналдасан Буртунаялда чIвана гьев. Доб мехалда доре-гьанире раччизе ресги букIинчIого, рагъухъаби хваралъурго рукъулел рукIун руго. Амма ГьитIинасул жаназа, Шамилил вас ГъазимухIамадилгун гьудуллъиялда вукIунищали, имамас, гьакидаги лъун, ХIотоде битIун бачIун буго.

    МухIамад ШехмухIамадовги ШагIбан ХIапизовги Тбилисиялде индал, гуржиязул архивалда батун буго гьезда 1878 соналда биччалеб букIараб «Кавказ» абураб Россиялъул политикияб газета. Гьелъул тIоцебесеб гьумералда бахъун букIана ХIотода росдал хIакъалъулъ хъвараб макъала. Гьелъул ахада хъван букIана байбихьи цересел номераздаги бугилан. Гьел номерал дида ратана Санкт-Петербургалъул архивалда. Гьедин нижер росдал гIадамазулги рукIа-рахъиналъулги хIакъалъулъ макъалаби рахъун ругоан гьеб газеталда кIиго соналъ тIатIалаго. Гьенибго хъван батана дида Шамилил заманалда ХIотоде гьоболлъухъ вачIунаанин ЧIаралъулгун Белоканалъул наиб БатIракъил МухIамадгIали. Гьесул гьобол вукIун вуго нижехъа ГIалигIумар — Шамилил мурид. ШагIбан ХIапизовасул макъалаялда хъван буго гьесул ирсилазул цояв МухIума ЧIегIерчиев ДГПУ- ялъул профессор кколилан. Дица презентациялде ахIана гьев, амма щаяли бицинчIо. Гьенивго вукIана дов мурид ГIалигIумарил цIар лъурав чиги. Цинги гьезул лъайхъвайги гьабун, бицанаха 170 соналъ цере нужер умумул рукIун ругин цоцазулгун гьоболлъи рагIизабурал чагIи, гьанже нуже- цаги гьабизе бегьулин гьебилан. Гьеб хIужаялъги кутакалда хинаб асар гьабуна киназего.

    — Гьединал росабазул тарихалъул тIахьал хъвалел цо-цо чагIаз жиде-жидерго тухумазе цIар-реццги гьабулеб буго…

    — Гьедин гьабулеб букIиналъ кIудиял чагIаз абуна дида гьединал жалаздаса цIунизе хIаракат бахъеян. Нилъерго тухумалги реццун, цогидазул лъикIал ишал тIаде нуцIаги къан толел ругони, гьеб жо росабазул тарих бихьизаби гуро, хас гьабун жидерго тухумазул тарихалъул бицин буго. Цо талихIалъ, МухIамадицаги (ШехмухIамадовас – ред.) кутакалда халкколеб букIана гьеб рахъалъ щибниги тохлъи борчIиладаян. Гьелъги батила, росуцоязеги цIакъ бокьана гьеб тIехь. КIиабилебги бахъизе ракIалда буго.

     Гьениб аслияб куцалда росдал тарихалъулги, маданияталъулги, рукIа-рахъиналъулги хIакъалъулъ хъван буго. Масала, нижер росулъа 14 чи вукIана КIудияб ВатIанияб рагъдеги ун, тIад вуссинчIев. Гьезул анцIгояв вукъарал бакIал лъазаризе кIвана Оборонаялъул министерствоялъул архиваздасан.

    Дагьа-макъабго топонимикаялъулги бицунеб буго. Масала, росдал цIар бачIун буго хIет (ковыль) абураб рагIудаса.

   — ТIехьалда цIар Хочбарида хурхинабун гуреб, батIайисан лъезе ракIалда букIанищ?

   — ТIехь биччаялъул пикру рекIелъе лъугьарабго, тIоцебе гьеле гьеб цIар чIана дида цебе – «Хотода — родина легендарного Хочбара». Цояс абуна «легендарного» абураб бакIалда «гидатлинского» лъезе бегьуларищан. Амма Хочбар гIицIго гьидерил гуревги, эркенаб пикруялъул жамагIатазулги вакиллъун вукIана.

 

    Гара-чIвари гьабуна З. ХIАЖИЕВАЛЪ.