Лизингалги микрозаймалги

Нилъер гьаниб гIадатлъун лъугьун буго, жидерго хIалтIи гьабулаго пачалихъалъул идарабазул рахъалдасан квалквал гурони кумек щвей щакаб жо бугин абураб пикру. Амма руго цогидал мисалалги. Маса­ла, гьединазул цояб ккола «Дагълизингфонд» компания. Гьелъул нух­малъулев, Шамил районалъул КъахIиб росулъа МухIамад ГIариповгун дандчIвана ниж гьел къоязда.

 

 

— МухIамад, нужер компани­ялъул аслияб хIалтIи буго лизин­говиял (байбихьуда багьаялъул цо бутIаги кьун, хутIараб къадар хадубккун, чIезабураб болжалал­да кьезелъун щиб бугониги боси) хъулухъал тIурай ва хIалтIулел предприятиязе микрозаймал (къарзалъе гIарац) кьей. Дагьаб мухIканго бицани, щиб жо кколеб «лизинговиял хъулухъал тIурай»?

— ДРялъул хIукуматалъ нижер компания (гьелъул учредитель кко­ла предпринимательствоялъулгун инвестициязул агентство) гIуцIун букIана 2013 соналда. Гьелъул му­радги букIана гьитIинаб ва гьор­кьохъеб бизнесалъул предприятиязе лизинговиял хъулухъал тIурай. Ни­жеца гьезие кьола техника, транс­порт ва алат-къайи. Масала, пред­приятиялъе къваригIун буго пуланаб техника, амма гьелъул гьечIо гьеб босизе рес. Гьедин бугеб мехалда, предприятиялъул вакилзаби рачIуна нижехъе, гьарула къотIи-къаял, гьез кьола багьаялъул цо бутIа, хутIарабги тIаде рехун, нижеца гьезие чIезабула хIажатаб техника. Багьаялъул ниже­ца кьураб бутIа гьез тIад буссинабу­ла бихьизабураб болжалалда жаниб. Нижеца кумек гьабизе ккани, руго цIунизе кколел шартIалги: предпри­ятиязул хъвай-хъвагIай букIине кко­ла Дагъистаналда ва гьезул аслияб хIалтIиги букIине ккола гьанибго. Федералиял законазда рекъон, ни­жер ихтияр гьечIо акцизалъулал бутIабазде (бензин, мехтизарулел гьекъолел жал гь. ц.) ва тIабигIиял магIданал рахъиялъул хIалтIабазда гьоркьоре лъугьине.

Нижеца яхI бахъула гьез хIадур гьаризе кколел документазул къа­дар дагь гьабизе (5 лъагIалида жаниб дагьлъана 2 нухалъ), кIванагIан би­гьа гьабула гьезул цогидаб хIалтIи.

 

 

— Кинаб бугеб нужеца техника, алат-къайи кьолеб къагIида ва киса гьеб босулеб?

— Техника кьола 5, алат-къайи 7 сонил болжалалда, лъагIалие гьезул багьаялъул хиралъиги ккола 6 про­цент (мисалалъе, техникаялъул багьа 1 млн гъурущ бугони, цо лъагIалида жаниб тIаде бачIуна 60 азарго гъу­рущ). Багьаялъул тIоцебесеб бутIа, ай гьелъул 10 процент (нижеца хIалтIи байбихьулеб мехалда гьеб букIана 30 процент) кьезе ккола бай­бихьуда, хутIараб кьола тIадехун рехсараб болжалалда жаниб. Заяв­ка кьолаго, бизнесчияс бихьизабула хIажатаб техникаялъул тайпа ва гьеб бугеб бакI.

 

 

— Аслияб куцалда кинаб тайпа­ялъул техника тIалаб гьабун ну­жехъе бизнесчагIи рачIунел?

— Техника ва алат-къайи букIине бегьула бокьараб тайпаялъул – ра­лел бакIазда ва нухал къачIалаго хIажалъулелдаса байбихьун, меди­цинаялде гIунтIун. Заявкабазул 40 процент букIуна МахIачхъалаялдаса, руго Казбек, МухIарамкент, Сер­гохъала ва цогидал районаздасагун шагьараздаса.

 

 

— Щиб жо кколеб «микрозайм»?

— Микрозайм ккола чIезабураб за­маналда (3 лъагIалиде щвезегIан) ва чIванкъотIараб къадаралда (5 млн щвезегIан) кьолеб гIарац. Гьеб­ги кьола нилъер республикаялда хъвай-хъвагIай бугел, жидер аслияб хIалтIиги гьаниб гьабулел гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъул пред­приятиязе. Добго хIисабалда гьеб кьезе ихтияр гьечIо акцизияб къайи биччалел ва ракьулъа тIабигIиял магIданал рахъулел предприятиязе. Гьеб кьола росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул предпри­ятиязе (СПК, КФХ ва гь. ц). Гьелъул буго чанго тайпа: инвестициялъу­лаб (техника ва алат-къайи босизе); стандартияб (заманалъулаб хIалтIи тIубаялъе гIарац данде гьабизе); ре­финансированиялъулаб (банкалдаса босараб кредит бецIизелъун кьолеб). Гьаниб рехсараб лъабабилеб тайпа­ялъул буго гьадинаб къагIида. Ми­салалъе, лъагIалие кIудияб процент тIаде кьезелъун (17 процент) банкал­даса дуца босун буго пуланаб къа­дар гIарцул. Дуда кIолеб гьечIо гьеб бецIизе ва мун вачIана нижехъе. Ни­жеца бецIула гьеб гIарац, къала кре­дит ва дуца гьеб налъи кьола нижее, амма гIемерго дагьаб (2 процент) гIарацги тIаде рехун.

 

 

— КIудияб налъиги бецIун, да­гьаб гIарац щолеб хIалтIул магIна щиб?

— Гьелъул магIна буго гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъе квербакъи гьаби. ГьитIинаб багьаялда (ниже­даса учузго хIалтIулеб идара гьечIо республикаялда) нижеца хIалтIи гьа­була пачалихъалъул кумекалдалъун. Гьелъие бихьизабун буго пачали- хъияб хасаб программа (федералияб ва республикая-лъулаб).

 

 

— Нагагьлъун бизнесчиясда кIвечIони гIарац жидер заманалда тIад буссинабизе…

— Микрозаймал кьеялъул хIалтIи нижеца байбихьана исана их­дал, гьанжелъизегIан гьеб кьуна 19 бизнесчиясе (46 млн гъурущ). ГьанжелъизегIан ккечIо гьединаб иш, хадубккунги ккезе батиларин абураб хьул буго нижер.

 

 

— Микрозайм щвей захIматаб масъала бугищ?

— Нижер мурад гьечIо гьеб захIмат гьаби, гьелъул гIаксалда, нижеца ки­набго гьабула бигьалъиялъе. Гьелъ­ие гьабизе кколеб мухIканго баян гьабун буго нижер сайталдаги. Биз­несчияс цIезабизе ккола анкета-заяв­ка, кьезе ккола хIалтIул хIасилазул хIисаб-суал. Гьеб кинабго гьабизе бегьула электроннияб къагIидаялда, гьев живго нижехъе вачIани гIола цохIо къотIи-къаязда гъоркь гъулбас гьабизе. Амма гIарац щвеялъе руго гьес цIунизе кколел шартIалги – гье­сул букIине бегьуларо бецIичIеб кре­дит ва судалъул идарабазул рахъал­дасан рукIине бегьуларо киналгIаги суалал.

 

 

— 2013 соналдаса нахъе кумек гьарун нужехъе рачIунезул къадар цIикIкIунебищ бугеб ялъуни дагь­лъулебищ? Коронавирусалъул за­маналда нужер хIалтIи хисанищ?

— Нижер ресалда бараб букIуна ни­жехъе рачIунезул ва гьарулел къотIи- къаязул къадар. Мисалалъе, исана, гъоркьисалалде дандеккун, гьабуна чанго нухалъ цIикIкIун къотIи-къай. Микрозаймазда хурхараб хIалтIи цебе иналъе, исана республикаялъул хIукуматалъ нижее биччана 300 млн гъурущ, лъагIел лъугIилалде, гьеб тIубанго хIалтIизабизеги ккола. Ко­ронавирус байбихьарабго, ккана нижер хIалтIулъ дагьабго лъалхъи, амма, хехал тадбиралги гьарун, ни­жеда кIвана гьеб низамалде бачине. Лизинговияб хIалтIулъ нижеца 3 моцIалъ нахъе цIана предприятияз нижее гIарац кьезе кколеб букIараб болжал. ТIоцебесеб апрелалде гьа­бун букIараб 16 къотIи-къаялда ба­гьа гIодобе бачана 1,5 млн гъуру­щалъ. Кьолел микрозаймазда тIаде бачIунеб процент дагь гьабуна 2 ну­халъ. Гьеб киналъулго хIасилалда, 1 июлалдаса нахъе гIемерго цIикIкIана нижехъе рачIунезул къадарги.

 

 

— МухIамад, мунагьал чураяв дур эмен, ХIажи ГIарипов, гIемерал соназ хIалтIана «ХIакъикъат» («БагIараб байрахъ») газеталда, вукIана гьелъул бетIерав редак­торлъун…

— «ХIакъикъат» ккола нижер «хъи­замалъул газета». ГIемерал соназда эмен хIалтIана батIи-батIиял идара­базда, батIи-батIиял хъулухъазда, амма, дир хIисабалда, бищунго хи­рияб ва гIагараблъун гьесие букIана магIарул газета.