«ЧIегIераб» меседил «мазгарул» кунчIи

МагIданазул ва тIабигIиял сурсатазул рахъалъ Россия дунялалда тIад бищун бечедаб пачалихъ бугин абула. Гьезда гьоркьоб кIвар бугеб бакI ккола нартицагун тIабигIияб газалъ.
2019 соналда Россиялда бахъана нартил 560,2 млн тонна, гьелъул 42 процент буго ПАО «НК Роснефть» компаниялъул (нухмалъулев Игорь Сечин). Гьелъул Дагъистаналда бугеб дочернияб ПАО, «НК Роснефть-Дагнефть» компаниялъул генералияв директор, Халкъияб Собрания­лъул депутат, Гъуниб районалъул КIогьориса Гиндиев Муслимилгун буго нижер гара- чIвари.

 

— Промышленнияб къагIидаялда Дагъистаналда нарт бахъизе байбихьана 1936 соналда, Избербашалда. Гьелдаса нахъе араб 84 соналда жаниб нижеца халгьабуна нарт букIине рес бугел киналго ракьазухъ, — ан бицана М. Гиндиевас. — Гьелъул хIасилалда загьирлъана советиял соназда чIезарун рукIарал нахърателал гIемерго мукъсанлъун, буругъаз кьезе кIолеб нартил къадар цIакъго дагьлъун букIин. 2010 соналда гьединалго халгьабиял тIоритIана ралъдал рагIаллъудаги, 1970-абилел соназда гьениб (Избербаш шагьара­лда аскIоб) хIалтIулаан лъабго нартил буругъ. Амма нижеда гьениб батичIо бахъизе гIураб нартил нахърател, бахъаниги гьелъул багьа чIезехъин букIана цIакъго хираго. Дагьабго нарт буго Избербашалда, МахIачхъалаялда аэропорталда аскIоб буго тIабигIияб газ. Аслияб куцалда нижеца нарт бахъулеб бакI ккола Нугъай район. ГьабсагIаталда нижер вуго 550 хIалтIухъан, нижер хъулухъал тIуралел подрядчиказулги рикIкIун, гьезул къадар гIага- шагарго 1500-ялде бахуна. Нижер компания ккола республикаялъул бюджеталде бищун цIикIкIун налогал кьолел гIуцIабазул цояб.

— Лъалел ва рукIине рес бугел нартил нахърателазул кигIанасеб къадар бугеб Дагъистаналда? Цо-цояз абула 280 млн тонна бугин. БитIараб бугищ гьеб тарих?

— ГьабсагIаталда бугеб нахърател ккола 4 млн тонна. Гьелъул аслияб къадарги буго Нугъай районалда. БукIине рес бугебин рехсола 280 гуреб, 500-600 млн тоннаги. Теориялда гьедин батизе рес буго, амма нижер хIалбихьиялъ ва геологиял цIех-рехаз бицуна гьеб къадар цIакъго щакаб букIиналъул. Цебе лъагIалида жаниб 2,1 млн тонна нартил бахъулеб букIанин абун ракIалде щвезарула 1970-абилел сонал. БитIарабги буго, бахъулаан гьеб къадар, амма доб мехалдацин нилъер гьаниб букIинчIо тIадехун рехсараб къадаралда нахърател. ГIаммаб куцалда бицина гьеб рахъалъ Россиялъул югалъулаб рахъалда бугеб ахIвал-хIалалъулги (цере нилъ цо пачалихъалда рукIиндал, рехсела мадугьалихъ бугеб Азербайжанги). 1970-абилел соназда Чачаналда лъагIалида жаниб бахъулаан 23 млн тонна, гьабсагIаталда гьеб ккола нилъеца бахъулелдасаги дагь. Ставрополь краялда бахъулаан 8 млн тонна, гьабсагIаталда бахъула гьелдаса чанго нухалъ дагь. Гьебго хIисаб буго Краснодар краялдаги. Азербайжаналда бахъулаан 25 млн тонна, 1994 соналда гьеб ккана 7 млн тонналде. Хадуб, СШАялъул кумекалдалъун нартил магIишат цебетIеялъе гIемераб гIарацги харж гьабун (гьелда тIаде доба буго тIубанго батIияб геология, бигьаго бахъулеб нарт буго ралъдал шартIазда), 2007 соналда гьеб къадар бахинабизе кIвана 53 млн тоннаялде. ГьабсагIаталда Азербайжаналда бахъула гIага-шагарго 42 млн тонна. Гьел мисалаздалъун дие бихьизабизе бокьун буго бахъу­леб нартил къадар гIодобе ккей ва гьелъул нахърателал дагьлъи цохIо Дагъистаналда гуребги букIин. Нарт гIемераб Сибиралда гIадин гIатIидал ракьалги нилъер гьечIо, гьава-бакъа­лъул шартIал лъикIал рукIаниги, нарт цIакъго гъварилъуда букIиналъ, гьеб бахъиги хираго чIола.

— Кинаб къадар нартил нигI­ма­тазул республикаялъе хIажа­лъу­леб?

— МухIканго абизе кIоларо, гьеб рахъалъ руго батIи-батIиял баянал. Амма лъала халкъалъул тIалабал нилъеца бахъулеб нартгун газалъ тIураларо, гьел тIуралароан советияб заманалдаги. Доб мехалда нилъер нарт унаан Грозныялда бугеб нарт къачIалеб заводалде. ГьабсагIаталда гьебги хIалтIулеб гьечIо, нилъер гьанибги гьечIо гьединаб завод. Гьелда тIадеги, нилъер нартги буго бакIаб, къачIазе захIматаб, хираго чIолеб. Гьединлъидал гьеб рогIрахъан битIула чIахIиял магистралазде. ГIемераз абула нилъер гьаниб базе кколин НПЗ абун. ЛъикI буго, амма киса росилел гьелъие сурсатал? Гьединаб завод пайдаялда хIалтIизе ккани, лъагIалие гьелъие чIезабизе ккола цо млн тоннаялдаса дагь гьечIеб нарт, амма тIолабго югалъулаб Россиялда бахъуларо нартил гьеб къадар.

— КигIанасеб гъварилъудаса бахъулеб нилъер нарт? Ракьалъу­л геологияб цIех-рех гьабиялъе, цIи­ял буругъал рахъиялъе гIурал сурса­тал ругищ?

— Аслияб куцалда нартил гъатал ратула 3 азарго ва жеги цIикIкIун метралъул гъварилъиялда. Гьединлъидал буго нилъер нарт бахъи хираго чIолеб. Гьелдаго цадахъ, нижеца бахъулеб лъамалъиялда гьоркьоб 93 процент букIуна лъел, хутIараб анкьго процент гурони гьечIо нартил. Лъим батIа гьабиялъе, гьеб нахъеги хасал буругъазде кьабиялъе, нарт хин гьабиялъе уна жеги харжал. Нартил магIишаталда кинабго хIалтIи бикьун буго бутIабазде – цояз ракьалъул цIех-рех гьабула, цогидаз рорлъула буругъал, нижер хIалтIи буго нарт бахъи ва рогIраздасан кколеб бакIазде щвезаби. Жакъа къоялде халгьабун буго нарт бахъизе рес бугел ракьазул 90 проценталъул ва, дица абухъе, гьенир ратичIо цIиял буругъал лъун экономикияб пайда бугеб хIалалда нарт бахъизе бегьулел бакIал. Рехсела цоги хIужа. Нартил буругъ борлъиялъул багьа бараб букIуна гъварилъиялда, геологиял хаслъабазда ва гIемерал цогидалги хIужабазда. Гьоркьохъеб хIисабалда, гьелъул багьа бахуна 0,5-1,5 млрд гъурщиде.

— Цо-цояз абула мугIрузда ругин гIемерал магIданал, гьездаго гьоркьоб батизе бегьулин нартгун газгиян. Бугищ гьеб гьединан?

— Нижер баяназда рекъон, мугIрузда гьечIо нартил ва газа­лъул кIудиял, пайда бугеб куцалда рахъизе гIурал нахърателал. Цоги, гIодоблъиялда гьел руго цIикIкIараб гъварилъуда, мугIрузда гьеб, хIакъаб жо, гIемерго цIикIкIуна. Гьединлъидал мугIрузда нарт бахъи буго цIакъ захIматаб, гIагараб заманалда тIубазе рес гьечIеб масъала.

— Дагъистаналъул нартил ма­гIишат хадубккун цебетIеялъе кинал ресал дуда рихьулел?

— Дагъистанияв хIисабалда дие цIакъ бокьилаан Дагъистаналда гIемераб нартги букIине, промышленностьги цебетIезе, пачалихъалъ ракIарулел налогазул кьучIги щулияб букIине. Амма гьабсагIаталда гьеб рахъалъ бугеб хIакъикъат лъалев нартихъан-специалист хIисабалда, дие захIмат буго цIакъго лъикIаб букIинеселде божилъи гьабизе. Дица абиларо гьел гьезего гьечIин абун, хисизе бегьула экономикаялъул ахIвал-хIал, цо бакIалда чIун рукIинаро техникагун технологиял. Нагагьлъун нартил багьа дагьаб тIаде ани, хIалтIизаризе пайдаяллъун ккезе бегьула басриял буругъал, ккела рес ралъдал шельфалда хурхун рукIарал планал гIумруялде рахъинаризеги жеги цIикIкIараб гъварилъуде раккизеги.

— ХIалтIул хаслъиги хIисабалде босун, кин гIуцIун бугеб тIабигIат цIуниялъул хъулухъ?

— «Роснефть» гIуцIиялъ кIудияб кIвар кьола гьеб суалалде. Нарт кьабулел рогIразда авариял ри­ччан­гутIиялъе, цIа ккеялдаса цIуниялъе, хIалтIухъабазе лъикIал шартIал чIе­зариялъе ва цогидалги тадбиразе ни­жер компаниялъ гIуцIун букIана хасаб, щуго соналъе хIадур гьабураб программа. Гьеб хIалтIизе буго хадусел соназдаги (2020-2024 сонал). Гьеб хIалтIи нижеца нухда бачуна кинабго рахъалде берги щвезабун. Гьеб киналъулго хIасилалда «Роснефть» гIуцIиялъул регионалиял компаниязда гьоркьоб, нижер компания буго бищун лъикIазда гъорлъ.

— Южно-Сухокумск шагьаралда ну­жеца тIоритIула гIемерал гурхIел-рахIмуялъулал тадбиралги…

— Нижер компания ккола гьеб шагьаралъул аслияб промышленнияб предприятие. Гьединлъидал нижеца кидаго кIвар кьола шагьа­рал­деги гIадамаздеги. Масала, КIу­дияб ВатIанияб рагъда хваразул хIур­маталда, нижер гьариги къабул гьабун, «Роснефть» гIуцIиялъ бана мемориалияб комплекс. Гьелъул ва сверухъ бугеб паркалъул киналго тIалабал тIурала нижер харжазда­лъун.
Школалда рагьана кIигониги «Роснефтькласс». ЛъикIал къиматазда школа лъугIизабурал цIалдохъабазул рес буго нартил магIишаталъул специалистал хIадурулеб бокьараб цIалул идараялде лъугьине (цIалухъ гIарац кьола нижеца). Нижеда тIадаб буго цIали лъугIун хадуб гьезие хIалтIизе бакIал чIезаризеги.
Квербакъула спортивиял тадбиразе, ХIажи МахIачевасул цIаралда бугеб фондалъгун цадахъ тIоритIула батIи-батIиял къецал.
Гьеб фондалъ, мацIалъул, адабияталъул ва маданияталъул институталъ, шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъ ва нижеца шагьара­лъул школазда тIобитIана «Дир рахьдал мацI» абураб къец, гьелъул хIасилал данде росизе руго гьаб моцIрол ахиралда. Гьанибго бокьилаан нарти­хъабаздехун бугеб лъикIаб бербалагьиялъухъ фондалъул нухма­лъулей ПатIимат МухIамадовалъе ва Халкъияб Собраниялъул депутат ТIалхIат МахIачевасе баркала кьезеги.