ГIарац кьечIони, судалде ккола

ЧIарада районалъул Гьочоб росулъа ТIалхIатов МухIамадхан гIемерал соназ хIалтIана ДРялъул Ралел бакIазул ва ЖКХялъул министерствоялъул батIи-батIиял хъулухъазда, вукIана министрасул заместительлъунги. 2013 соналдаса нахъе хIалтIулев вуго капиталияб ремонталъул фондалъул нухмалъулесул заместительлъун. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвариги. 

 

— МухIамадхан, 2013 соналда гIуцIараб фондалъул хIалтIи буго гIемертIалаял минабазда гIумру гьабулел гIадамазухъа гIарацги ба­кIарун, гьел къачIай. Гьелде щве­зегIан лъицаха тIубалеб бу­кIа­раб гьеб хъулухъ?
— Советияб заманалда тIолалго ми­набазул бетIергьанлъун пачалихъ бу­кIиндал, бюджеталъ гIарацги биччан гьабулаан гьеб хIалтIи. ЖКХя­лъул магIишаталъул кидагосеб унти букIана гIарац гIунгутIи, гьединлъидал гIемераб хIалтIи гьабичIогоги хутIулаан. Хадуб букIана гьадинаб низам — минабахъ гIумру гьабулел гIадамаз, гIарацги бакIарун, жидецаго къачIалаан гьел. Приватизация гьабидал секциязул бетIергьабилъун рахъана жалго гIадамал ва гьедин­лъидал жилищнияб кодексалда ре­къон, мина къа­чIазе гIарац бакIаризе ккола жалго бетIергьабаз. Приватизация гьаби­чIеб мина къачIазе гIарац кьола администрациялъ. 
Щугоялдаса цIикIкIун рукъ (квартира) жаниб бугеб гIемертIа­ла­яб мина къачIазе пачалихъалъ къа­бул гьабуна регионалияб программа. Гьелда рекъон гIуцIун буго нижер хIалтIиги.
— ЦIиял минабахъ гIумру гьабулел гIадамазе кинаб хIажалъи бу­геб гьеб программаялда гьоркьо­ре лъугьине? Цо квадратияб мет­ра­лъухъ кьезе кколеб гIарцул хIисаб кин гьабулеб?
— Администрациялъул лъазабиялда рекъон, цIибараб мина хIалтIизе биччараб къоялдаса нахъе босула нижер хIисабалде. Законалъ бихьизабун буго цIияб минаялда гIумру гьабулел гIадамазухъа щуго лъагIелалъ гIарац босичIого тезе, гьелдаса хадуб, гьезги кьезе ккола гIарац. Квартираялъул цо квадратияб метра­лъухъ кьезе кколеб гIарцул къадар бихьизабун букIуна Ралел бакIазул ва ЖКХялъул министерствоялъул документазда, жилищнияб кодексалда рекъон. Щибаб соналъ гьеб тасдикъ гьабула республикая­лъул хIукуматалъги. Ми­салалъе, 2015-2017 соназда гьеб кколаан 5,2 гъурущ, 2018 соналда – 5,4 гъурущ, 2019 соналда – 5,67 гъурущ. № 57 законалда чIванкъотIун рихьизарун руго бакIарараб гIарцухъ нижеца тIуразе кколел хIалтIабиги. Минабазул капиталияб ремонт билълъанхъизабиялъе пачалихъалда къабул гьабураб 30 сонилаб регионалияб программаялда хъван буго гьеб болжалалда жаниб фондалъ гьабизе хIисабалда босун бугеб хIалтIи. Гьеб хIалтIул багьа нижер сияхIалда бугеб мина-карталъул гIаммаб гIа­тIилъиялде бикьун рикIкIуна цо метралъухъ кьезе кколеб гIарац. Нилъер гьаниб гьеб бащалъула 16 гъурщида. Гьединаб куцалда гIадамазухъа гIарац бакIари захIматаб масъала букIинги бичIчIун, хIукуматалъ дагь гьабуна багьа, амма щибаб соналъ дагь-дагьккун цIикIкIинабичIого ресги  гьечIо.
— Лъицаха нужее бецIулеб камулеб гIарац?
— Лъицаниги бецIуларо. Цого-цо лифтал къачIаялъе республикая­лъул бюджеталъ нижее исана бихьизабун буго 100 млн гъурущ. Минаби къачIаялъе (фондалде) бакIаризе кколеб гIарцул тIолабго Россиялда, гьоркьохъеб хIисабалда, бакIарулеб батани 92 процент, Дагъистаналда гьеб бахунаро 40-ялдеги. Гьединлъидал къачIалел минабазул къадар дагь гьаби гурони нижер тIокIаб рес букIунаро. Мисалалъе, исана МахIачхъалаялда (ялъуни цоги шагьаралда) бакIарун батани 100 млн гъурущ, гьелъул 90 процент нижеца хIисабалде босула хадусеб соналда хIалтIизабизе.
— Шагьаралда къачIазе ккараб I00 мина батани, киналдаса байбихьулеб?
— Регионалияб программаялда бихьизабун буго чанабилеб соналда кинаб мина къачIазе бугебали. Шагьаралъул администрациялде нижеца хъвала бакIарараб гIарцул къадаралда рекъон къачIазе ругел минаби рихьизареян официалияб хитIаб. Гьелда рекъон администрациялъ гIуцIараб хасаб комиссиялъ гьабула хIисаб, къабул гьабула дагьаб заманалъулаб («краткосрочная») программа ва гьелъул кьучIалда байбихьула хIалтIи. 
— Пуланаб мина программаялде гьоркьобе кида унебали лъазе рес бугищ?
— Нижер сайталда руго киналго баянал. Бокьани, гьеб лъазе бегьула телефоналъул гьаб номералде 55-53-16 ахIунги, нижехъе рачIунги, ЖЭУ­ялде, ялъуни шагьаралъул администрациялде унги.
— ГIагараб заманалда прог­ра­ммаялда гьоркьобе ккезе рес гье­чIеб минаялда гIумру гьабулел гIадамазе бокьани цебеккунго къа­чIазе кIолищ? 
— ГIарац бакIарун хадуб кIола. ГIа­ммаб собраниеги гьабун, гьеб му­­рад загьир гьабураб хитIаб гьез би­тIизе ккола шагьаралъул адми­нист­рациялде. Гьениб комиссиялъ къотIула хIукму. ХIалтIи тIу­бая­лъулги буго лъабго къагIида:
1. Фондалде гIарацги бакIарун гьа­би.
2. Жидецаго гIарацги бакIарун гьелъул тIалаб нижехъе кьей. 
3. Банкалда хасаб счетги рагьун, жидецаго хIалтIи гьаби.
ХIалтIиги гьабизе ккола чIеза­бу­раб низамалда рекъон, проекталъул­гун сметаялъул документалги гьа­рун, торгги лъазабун, министерствоя­лъул реестралда (сияхIалда) ругел подрядчиказ.
— Кинабниги чан мина нужеца къачIараб?
— 2013 соналда фонд гIуцIаниги, ми­наби къачIазе нижеца байби­хьана 2014 соналдаса нахъе. Гьан­желъизегIан къачIан буго 280-гIанасеб мина. Лъа­зе ккола гьадинаб жоги, капита­лияб къагIи­да­ялда мина къачIай кко­ларо гьеб тIу­банго цIигьаби, кьучIдасанго хи­сизаби, гьеб буго чIезабураб сия­хIалда рихьизарурал тIадал хIал­тIаби (тIох, лифт ва гь.ц.) тIурай. Бищун лъикI, гIуцIараб хIалалда нижер хIалтIи унел (гьеб буго гьениб гIарац лъикI бакIариялъул хIасил) шагьарал ккола Дербент, Каспийск, Избербаш.
— ГIарац кьеялдаса эркен гьарурал гIадамал ругищ?
— ГьечIо, амма бигьалъаби гьарурал руго. 70 соналдаса тIаде араб ригьалъул, сакъатлъи бугел гIадамазул, ветераназул гьеб рахъалъ ругел суалал тIурала социалиял хъулухъаз.
— ГIезегIан дандчIвала жидеца гьеб гIарац кьеларин, кьезеги гьечIин абулел гIадамал…
— Законалда рекъон тIадаб буго гIа­рац кьезе. 2015 соналда, регио­налияб программа къабул гьабураб заманалда, микьго моцIида жа­ниб щибаб минаялъ, тIадехун рех­сараб гIарац бакIариялъул лъабго къагIидаялда гьоркьоса бищизе ккола цояб. Нилъер гьаниб лъицаниги гьабичIо гьеб хIалтIи. Гьедин бугеб мехалда, законалда рекъон, гьел нижехъе кьола. ГIарац кьеларин чIарав чиясул суал кида-къадги ккола судалде. Нижер хIисабалда гьабсагIаталда вуго 150 азарго чи (мина-рукъалъул бетIергьан). Фондалда вуго 57 хIалтIухъан, гьезда гьоркьоса 6 чи гурони гьечIо гIарац кьей-кьунгутIиялъул суалазда тIад хIалтIулев. Гьединлъидал буго нижер ресги заманги гIоларого букIин гIарац кьечIел, кьеларин чIаразул рахъалъ дагIбадулал гIарзаби жидер заманалда судалде ритIизе (гьабсагIаталда судазда буго 50 азаргогIанасеб гьединаб гIарза). 
Бокьилаан гIадамазда гьадинаб хIужаги лъазе. Нижер масъала гьечIо кьезе кколареб гIарац гIадамазухъа бакIари. Нижее харжалги гьеб гIарцудаса кьоларо, цогидаб хIажатабги гьелдалъун тIубаларо, гьелда рухьаралги гьечIо. Харжазе ва техникиял хIажалъабазе буго бюджеталда бихьизабураб гIарац. Нижер тIалаб буго цо — законалъ чIезабураб хIалалда гIарац бакIари ва гьеб кинабго минаби къачIаялда тIад харж гьабизе букIин гIадамазда бичIчIизаби.