Барахщуге гIарцуда

 

ГIемертIалаял минабазда гIумру гьабулел гIадамазухъа ахирал соназда бакIарулеб буго капиталияб ремонталъухъинги абун г1арац. 2014 соналда байбихьана гьединаб тадбир Дагъистаналдаги. Щуго соналда жаниб гьабураб хIаракаталъул хIасилалъул хIакъалъулъ журналистазе бицана регионалияб операторасул нухмалъулев МухIамад ГIалиевас.

 

— 2014 соналдаса нахъе къачIана 283 гIемертIалаяб мина. Гьелдалъун гIуцIана 40 азаргоялдаса цIикIкIун дагъистаниясул гIумруялъе санагIатал шартIал.

 

 

Исана ракIалда букIана 50 минаялда капремонт гьабизе: тIохал хисизе, къватIисан къадал къачIазе, цIиял лифтал лъезе. Амма, капремонталъухъ кьолеб гIарцул къадар цIикIкIиналда бан, гьеб программаялда гъорлъе ккезабуна жеги 51 мина. Гьезул сияхI хIадурула муниципалитеталъ, хадуб гIаммаб сияхI тасдикъ гьабула республикаялъул хIукуматалъ.

 

 

Гьединго, исана цIигьабизе буго 22 минаялъул тIох, лъезе буго 42 цIияб лифт ва къачIазе руго канализациягун лъел мухъал. Капремонталъул программаялда гъорлъе уна республикаялъул анцIабго шагьаралъул округ», — ан бицана М. ГIалиевас.

 

 

Капремонталъул программаялда, тIоцебесеб иргаялда, гъорлъе ккола гьелъухъ гIарац кьурал минаби. Гьеб рахъалъ мисал бихьизабулеб буго Каспийск, Избербаш ва Дербент шагьарал. Амма камуларо щуго соналда жаниб цониги нухалда капремонталъухъ копекцин кьечIел гIадамалги. Гьединал дагъистаниял лъалаго дагьлъулел ругин абуна регионалияб операторасул нухмалъулес.

 

 

Рукъалъул бетIергьаби гIахьаллъизе ккола жидеца гIумру гьабулеб бакIалда гьабулеб хIалтIуда хадуб халкквеялъулъ. Гьел рукIине ккола гьабураб хIалтIи къабул гьабулеб комиссиялда гъорлъги. Гьезда гьикъичIого, кинабгIаги хIалтIи байбихьизе яги цIиялдалъун хисараб алат бичизениги гьеб нахъе босизениги ихтияр букIунаро лъилниги. Амма нилъер гIадамазул гьеб рахъалъ жигарчилъи гьечIо. Масала, цIияб лифт лъуна. Басриялда щиб гьабилеб? Гьеб масъала тIубазе ккола минабазул бетIергьабаз. Бегьула, гьебги бичун, щвараб гIарац мина яги сверухълъи къачIаялъе хIалтIизабизе», — ян абуна гьес.