ХIалтIун бечелъула, бихьун цIодорлъула

 

 

Кинаб бугониги хIалтIудаса, баракатаб ва хIалалаб гьеб батани, рикIкIалъизе бегьуларо инсан

Ахирал соназда дун щвана гIезегIан магIишатазде, амма Гъизилюрт районалъул ЦIобокь-Миякьо росулъ, Хасавюрт районалъулгун гIорхъода бугеб «Иман» гIадин кIудиябгун гIемерал магIишатиял рахъал жанире рачараб хIалтIи гIуцIараб фермеразулаб магIишат къанагIат гурони дандчIвачIо. Жакъа гьанире щварал ниж дандчIвана гьелъул нухмалъулев МухIамад ХIайбулаевгун ва нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чIвари.

 

— МухIамад, «Иман» КФХялде гьоркьобе щиб унеб, кинаб бугеб магIишат?

 

— Гьелъул бетIергьанлъиялда буго 750 гектар ракьалъул, гIанкIабазул кIиго фабрика (ханал гьарулебги, бройлер тайпаялъулги), гьанае боцIи хьихьулеб боцIул ферма ва рахь бечIчIулел гIачиязул кIиго ферма. Дир буго 300 бечIчIулеб гIака, I80 бетIер гьанае хьихьараб боцIул, 600 лемаг, 50 азаргогIанасеб гIанкIу.

 

— Кин дуца хIадурулеб боцIул гьеб кIудияб къадаралъе гIураб рагIи-хер?

 

— Дир руго люцерна ва суданка хьарал авлахъал, хьола ролъ (исана хьан букIана 300-ялдасаги цIикIкIун гектаралда). ГьабсагIаталда дица балеб буго лъабазарго тонна кIалцIул цIунизе гIураб кIудияб бакI (зернохранилище).

 

— Гьеб киналъего гIураб техникагун хIалтIухъаби ругищ дур?

 

— Цебе рукIана нижерго хIалтIухъаби, гьеб рахъалъ букIинчIо щибго къварилъи. Амма чорхолъ сахал гIадамалги инвалидаллъунги лъугьине, пенсиябиги росун гIодор чIезе гьелги байбихьараб заманалда, дагьлъана хIалтIухъабазул къадарги. Дагьлъаниги Аллагьас рехун течIо, щвана хIалтIухъаби — узбекал. Щибаб къойил I200 гъурущги кьун хIалтIула 30-35 чи (букIуна I0 чи вугониги гIолебги мех). Дир руго хер бецулеб ва ролъ бакIарулел комбайнал, трактор, рак бахъулеб, бакIарулеб машина. Амма цIакъго бигьаги лъикIги ккола кьун гIарацгун къваригIараб техника цоги бакIалдаса бачин.

 

— Кибго гIарз букIуна хIалтIи гьечIин абун. Амма гьаб кIудияб росулъ дуе щолев гьечIо хIалтIизе чи. Гьеб хIужаялъе щиб къимат дуца кьолеб?

 

— БукIана заман квасквас бакIаризе нилъер гIадамал Узбекистаналде унебги, жакъа буго гьелъул гIаксалда. ГIетI балеб, дагьабниги гIакъуба бихьулеб хIалтIи, гьелъул кIудияб хIалаллъи бугониги, бокьун гьечIо гIадамазе. ХIарамлъиялда гьабулеб бугониги, цIикIкIун бокьулеб буго гIетI балареб хIалтIи, гIемерисезул гъира буго гьединаб хIалтIуде лъугьинеги. Диникълъиялъ гIадамазда бичIчIулеб гьечIо хур-хералъул, гIи-боцIухъанлъиялъул баракат.

 

— Нужеца рахьищ бичулеб, гьелъул нигIматалищ гьарулел?

 

— БукIине кколеб, умумузул батараб хIалалда хьихьула нижеца боцIи. РацIцIалъиялда, хIалаллъиялда гьабураб, кигIан дагьабниги химия гьоркьобе жубачIеб буго рахьги. Гьеб гьанибго къачIалел гьитIинал цехалги руго. Нижеца бичула рахьги, ричула гьелъул гьарурал нигIматалги, буго кIиго тукенги — Хасавюрталда ва Гъизилюрталда, росулъа гьел росизе бокьарал гIадамазулги букIуна кIудияб ирга. Гьединлъидал рахь ва нигIматал ричиялъулъ щибго къварилъи гьечIо. Квеш ккараб жо буго пальмаялъулаб нахудалъун хьезарурал, химиялъул тIадежураяз цIезарурал, рикIкIадасан рачIарал (гьединал нигIматал цIунизе кIолелъул халатккун) рахьдал нигIматал гIемерлъун рукIин.

 

— ГIанкIабазул фермабазул, гьениса щолел нигIматазул къисмат кинаб бугеб?

 

— Дица росула сордо-къо барал тIанчIи, хьихьула ва гIезарула. Цо заманалда рагIана, 45 къоялда жаниб гьитIинаб тIинчIалдаса кIудияб гIанкIу гIезе ккани, гьезие кьолеб кIалцIуда гъорлъ болъонил ракьа жубалин абун. Гьеб лъан хадуб дун ана Москваялде ва дандчIварал гIадамазухъа босана Китаялдаса бачIараб, хурдузул гьабураб хасаб кIалцIи. Амма гьелъ ракIалда букIараб хIасил кьечIо, кинабгIаги хайир щвечIо. Гьединлъидал хIукму гьабуна гьел фермаби ижараялъе кьезе ва гьедин гьабизеги гьабуна.

 

— Нужер росуцоязул аслияб хIалтIи буго цIолбохъанлъи. Дуца гIи- боцIухъанлъи тIаса бищиялъе гIилла щиб ккараб?

 

— Цояб квеш, цогидаб берцин бихьун гьабураб хIалтIи гуро гьаб, къокъго абуни, гьадинаб букIун буго къисмат. Дилъ букIинчIо цIолбоде рокьи, боцIуде бугеб рокьи дие щвана инсудаса.

 

— Сундасанха байбихьараб?

 

— Дида гIезегIан бихьана мискинлъи, гIемер лъикI лъала гьелъул магIна. Бихьана гIемераб цогидабги. Инсуца дие кьуна тайпадулаб бече. Дица гьеб хьихьана, гIезабуна ва базаралдеги бачун бичана. Басидухъ дие щвана лъикIаб гIарац ва гьелъухъ босана щуго бечеги лъагIалие гIураб кIалцIи-херги. Хадуб дида цIакъ берцин бихьана гьаб магIишат, гIадамазухъа ижараялъе росана ракьал ва гьедин лъуна кьучI.

 

— ГIемерисез абула гьаб заманалда росдал магIишаталъул хIалтIи гьабиялъ хайир кьоларин, гьечIин гьелъул пайдайилан. Гьеб пикруялда рази вугищ мун?

 

— Жакъа бугеб ахIвал-хIалалдаги, гIадамазул гIумруялдехун бугеб бербалагьиялдаги рекъон, гьеб битIараб буго. Гьаб магIишаталде вачIине ккани инсан яги Аллагьасдаса хIинкъаравлъун вукIине ккола яги гьев Аллагьас хIинкъизавизе ккола. Дун Аллагьасукьа хIинкъана, хIинкъизавуна, дидаса рикIкIад гьабуна хIарамаб, гIагар гьабуна хIалалаб. Бокьараб гьабеян нилъеца цебе чед рехун тани, гьанада ругьунаб катица кида-къадги гьеб кванала. Гьединаб хIисабалъул буго дир мисалги. Жакъа дица гьабулеб хIалтIи гIемеразда берцин бихьулеб гьечIо, амма магIарулазул бидулъ буго гIи-боцIухъанлъиялде рокьи. Гьедин бугониги, къватIисел пачалихъаздаса бачIараб гьанацаги, рахьдацаги, гьел гIемер гьоркьор гьечIел нигIматазги бетIер борхизе толеб гьечIо гIи-боцIухъанлъиялъе.

 

— Дуца чанго нухалъ абуна хIалтIулъ мукъсанлъи батичIилан. Кинаб магIнаялда гьеб калам бичIчIизе кколеб?

 

— Дирги букIана гIакълу гьечIеб, илбисалъ рекIелъ чIухIи бижизабураб, гьаваялда нахъвилълъараб, хIалтIи гьабизе чIухIараб заман. Инсуца гьабулеб хIалтIуда (гьев вукIана махх регъолев чи) жаниб дида бихьулароаан баракат. Цинги дун вуссана гIодове, рещтIана ракьалда, бихьана ва бичIчIана гIемераб жо. Кинаб бугониги хIалтIудаса, баракатаб ва хIалалаб гьеб батани, рикIкIалъизе бегьуларо инсан. ЧIухIиялъ лъикIалде вачунаро.

 

— Пачалихъалъухъа къарзалъе гIарацго босизе кканищ, щолищ кинал ругониги субсидиялго?

 

— Пачалихъалда цебе цо гъурщил налъи гьечIо, кьола киналго налогал. Къарзалъе гIарацги киданиги босичIо, босизе ракIалдаги гьечIо. Гьеб рахъалъ дие кумек гьабуна цо-цо гьудул-гьалмагъзабаз, гьеб гIарацги дица жиндир заманалда нахъбуссинабуна. ЛъагIалидаса лъагIалиде хисулел руго росдал магIишаталъул министралги, гьезда рекъон субсидиялги рукIуна, ай цин щун, цинги щвечIого.

 

— Дур буго кIудияб магIишат, гIумру гьабун вуго цIакъго гIадатияб минаялъуб. Машинаги буго гIадатияб…

 

— Дир хIисабалда, инсанасул къадру-къимат борцине бегьуларо минаялдалъун, машинаялдалъун ва цогидаб бечелъиялдалъун. Гьеб борцуна бацIцIадаб магIишаталдалъун, мискиназе кумек гьабиялдалъун ва мадугьалзабигун лъикI вукIиналдалъун. Цо заманалда дирги букIана чIухIараб машина щвезе анищ, гьаб росулъ тIоцеве гьединаб машинаялда рекIарав чиги вуго дун. Гьелдаса рещтIана ва тIокIав гьелда рекIине хъванги батугеги, дида битIараблъун бихьичIо гьеб. Гьанже дир анищ ва мурад буго рухI иманалда бахъи.