Мантуровги КЭМЗги

 

Дагъистаналъул экономикаялъул аслиял бутIабилъун ккола росдал магIишат ва гьелъул нигIматал къачIалеб промышленность, ралел бакIазул магIишат, туризм ва гьелда хурхараб производство. Росдал магIишаталъ гъоркьиса рихьизаруна гIезегIан лъикIал хIасилал. ГьабсагIаталда ругел баяназда рекъон, исана гьел жеги лъикIал рукIине ккола.

Туризмалъги тIамулел руго нилъ разиял галаби. Гъоркьиса республикаялде вачIун вукIана 1,3-1,5 млн турист. Исана рес буго гьеб къадар кIиго миллионалде бахине.

Ралел бакIазул магIишаталда гIезегIан масъалаби ругониги, кинго абизе кIоларо гьениб хIалтIи гьабулебго гьечIин абун. Промышленносталдаги буго мадараб багъа-бачари. Гье­лъие нугIлъи гьабула РФялъул хIукуматалъул председателасул заместитель, промышленносталъул ва дармил министр Денис Мантуровас 16 сентябралда Дагъистаналде гьабураб сапаралъги. Республикаялъул бетIер Сергей Меликовасулгун букIараб дандчIваялда дандрана промышленносталда хурхарал суалал, бицана церетIеялъе ругел ресазул. Гьезул цояблъун ва кIвар бугеблъун ккола промышленность цебетIеялъе гIуцIараб Фонд букIинги. Исана гьелъие биччан буго 300 млн гъурущ, тIадеялъул  гIарцул къадар бахинабизе буго 400 миллионалде.

Д. Мантуровги С. Меликовги щвана Гъизляралда бугеб КЭМЗ концерналде ва лъай-хъвай гьабуна гьелъул хIалтIулгун.

1962 соналда бараб гьеб заводалъ, аскариязул заказал рикIкIинчIого, къватIибе биччала батIи-батIияб продукция — гьитIинал самолетал ва вертолетал, автопромалъе хIажалъулеб алат, хинлъи ва канлъи кьолел приборал ва гIемераб цогидабги. Гьелъул продукция бичула къватIисел пачалихъазеги. Масала, Китаялъе, Индиялъе, Малайзиялъе, Алжиралъе ва цогидалги улкабазе. Заводалъ къватIибе биччазе байбихьун буго 4 чи рекIунеб, 2 двигатель бугеб, цIияб тайпаялъул гьитIинаб самолет (МАИ- 411 «Альфа- КМ»). Гьеб боржуна 4,2 азарго километралъул борхалъудасан, 1,5 азарго километралъул манзилалъ ва хIалтIизабула пассажирал раччиялъе, летчикал куцаялъе, гьаваялдасан ракьул суратал рахъиялъе ва цогидалги масъалаби тIуразариялъе. ГьабсагIаталда хIалтIи унеб буго гьединабго,  амма щуго чи рекIунеб самолет гьабиялда тIадги.

Денис Мантуровас лъикIаб къимат кьуна заводалъ гьабулеб бугеб хIалтIуе, загьир гьабуна гьелъул даражаялъ жив тамашалъизавуравлъи.

Цинги гьес, видеоконференция хIисабалда, гIахьаллъи гьабуна ДагОгни шагьаралда цIорол шарикал къватIире риччалеб (лъагIалида жаниб 2,4 азарго тонна) «Каспий-Гласс» завод хIалтIизе биччаялда хурхун гIуцIараб данделъиялдаги. ГIадатияб ишин кканиги, гьел шарикал (Россиялда тIокIаб гьечIо гьединаб производство) риччай буго кутакалда хIажатаб ва кIвар бугеб хIалтIи. Гьезул гьабула инсанасул расалдаса 100 нухалъ тIеренаб ва цIикIкIараб тIалаб бугеб цIорол кIкIор.

Гьебго къоялъ гьес рехсей гьабуна гуми гьаризе ва гьел къачIазе «Дагдизель» заводалъул ругел ресазул ва бицана «Электросигнал» АОялъул ругел сурсатал дагьал гIатIидго хIалтIизаризе ккеялъул хIакъалъулъ.

ХIасил гьабун абуни, кинабго бихьаралдаса гьев разиго хутIана, гьелда рекъон нилъер хьулги буго гьесул ва хIукуматалъул нилъедехун бугеб бербалагьи жеги лъикIлъилин ва квербакъи цIикIкIинин абураб.

ГIабаш ГIабашилов