Тараб лъалкI, лъаралъул нух

 

АбизегIан цIикIкIараб туркIи щвечIониги ва гIадатияв чиясда гьелъул асар лъалеб хIалалда хъинтIичIониги, 2021 соналда нилъер экономикаялъул хIасилал гIезегIан мадарал рукIана.

  2020 соналда дандеккун ВРП (лъагIалида жаниб республикаялда къватIибе биччараб продукциялъул ва тIурарал хъулухъазул гIаммаб багьа) гъоркьиса цIикIкIана 2,9 проценталъ. Масала, промышленность босани, гьелъул продукциялъул гIаммаб къадар борхана 5,2 проценталъ. Руго бутIаби къватIибе биччалеб продукция гIемерго цIикIкIарал, масала, маххул тIагIел-алат биччана 1,8 нухалъ цIикIкIун, электроникаялъулгун оптикаялъул продукция — 1,3 нухалъ, токалъул къайи-цIа — 15 проценталъ, дараби ва сахлъи цIуниялъе хIалтIизарулел препаратал — 1,8 нухалъ. Руго хIалтIи нахъе ккарал бутIабиги. Масала, нарт ва газ бахъи — 2,5 проценталъ ва магIданал рахъи — 13,2 проценталъ, кванил нигIматал къватIире риччай — 2,9 проценталъ, лъинал ва сокал риччай — 4,8 проценталъ.

   Росдал магIишаталъ рихьизаруна хIакъикъаталдаги лъикIал хIасилал. НигIматазул гIаммаб багьа бахана 176 млрд гъурщиде. ГIезаруна 450 азарго тонна могьолазул, 118,9 азарго тонна пиринчIалъул, 237,9 азарго тонна цIолбол, 200 азарго тонна овощазул. Гьединаб къадар жеги киданиги букIинчIо республикаялда. Цогидал нигIматазул рахъалъги буго гIага-шагарго гьединабго хIал. ХIалтIизабизе байбихьана цебе рехун тун букIараб ракьул щуазарго гектар, авлахъазда хIалтIизабуна 12,8 азарго тонна минералиял удобрениязул (гьезул пайдаяб бутIа рикIкIун), 550 млн гъурщиде босана цIияб техника. Туризмалъеги щвана киданиги букIинчIеб цебетIей. Дагъистаналде вачIана миллионгIанасев турист (2020 соналдаса 30 проценталъ цIикIкIун).

Республикаялъул бюджеталъул хайирияб бутIа бахана 185,9 млрд гъурщиде, гьебго заманалда харжлъана 181,1 млрд гъурущ – 68,3 млрд гъурущ – лъай кьеялъе, 51,7 млрд гъурущ – социалияб политикаялъе ва гь. ц.

   Экономикаялда бугеб ахIвал-хIал бицунел, регионалъул сипат бихьизабулел аслиял гIаламатазул цояб ккола инвестициязул (гьеб ккола къарзалъулаб гуреб, хайир-пайда букIиналда ракIчIейгун пачалихъалъ ялъуни бизнесчагIаз производствоялъулаб ишалда лъолеб) гIарац. Жеги цебесеб соналде дандеккун гьеб цIикIкIана 5,2 проценталъ, исана цIикIкIине ккола 5,3 проценталъ.

  «Инвестпортфелалда» гIумруялде бахъинабизе къабул гьабун буго 161 млрд гъурщил багьа бугеб 61 проект. Гьезул гIемерисезе щвезе ккола «приоритетияб» абураб цIар. Гьеб щун хадуб чIезарула налогазул рахъалъ бигьалъаби. Щуго сонил болжалалда дагь гьабизе бегьула ижараялъухъ кьолеб гIарац, бигьаял шартIазда кьола ракь ва къарзалъ босараб гIарац цо бутIаялда бецIизелъун щвезе рес букIуна субсидиял. Республикаялъул инвестпрограмма тIубаялъе гъоркьиса биччан букIана 18,4 млрд гъурущ, гьелдаса 11,2 млрд гъурущ ккола федералияб бюджеталъ кьураб. Гьеб гIарцудалъун бана 34 объект, къачIана 344 км ва цIидасан бахъана 27,3 км нухазул. ТIурана гIезегIан социалиял суалалги. Официалиял баяназда рекъон, 2021 соналда республикаялда вукIана, социалиял хъулухъазда хъвай-хъвагIай бугев, хIалтIи тIалаб гьабулезул сияхIалда лъурав ва гьабсагIаталда гьеб гьечIев 34 азарго чи.

   Гьоркьохъеб хIисаб гьабун, моцIрол харж бащалъана 31 азарго гъурщида (2020 соналдаса 6,6 процен- талъ цIикIкIун). ЦIикIкIана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазе (20 азаргоялде щвезегIан) ва Афгъанистаналда чIваразул хъизамазе (10 азаргоялде щвезегIан) кьолеб социалияб кумекалъул гIарац. ХIалтIизе байбихьана пачалихъияб кумекалъул цоги цIияб къагIидаги, 3-7 сонил лъималазе щибаб моцIалъ кьолеб буго 5378-10757 азарго гъурущ. Гьелъие биччана 17 млрд гъурущ. Цо чиясул хIисаб гьабун, социалиябгун экономикияб цебетIеялъул рахъалъ тIолабго Россиялъул гьоркьохъел хIасилазда данде росун нилъ гIемерго нахъе ккун руго. Масала, ВРПялъул рахъалъ – 2,8 нухалъ, промышленнияб производствоялъул рахъалъ – 21,3 нухалъ, инвестициязул рахъалъ – 1,5 нухалъ.

   Россиялъул хIукуматалъул председатель Михаил Мишустиница цо данделъиялда абуна, Дагъистаналъул росдал магIишат, промышленность ва туризм цебетIеялъе ругин гIемерал, амма жеги хIалтIизаричIел ресалгун сурсаталин абун. Гьединлъидалги батила, 2030 соналде щвезегIан социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистан цебетIеялъе къабул гьабураб Стратегиялда рекъон, нилъер ВРП цIикIкIине ккола 1,6 нухалъ, промышленнияб производство – 2,5 нухалъ, росдал магIишаталъул ва къачIалеб промышленносталъул продукция — 1,3 нухалъ.

   Амма буго цо кIвар бугеб масъала. Церехун къабул гьарун рукIарал гIезегIан лъикIал программабазеги цо-цо квалквалал гьаруна, нилъедаги хъинтIичIого хутIичIел, киназего гIаммал экономикияб кризисалъгун санкцияз ва коронавирусалъ чIезарурал гIорхъабаз. Гьанжесел санкциял руго гьездаса гIемерго гIатIидал, гъваридал ва захIматал. Гьез гьоркьоре рачунел руго эконо- микияб ва социалияб гIумруялъул киналго рахъал, тIезарулел руго гIемерал бухьенал.

    Республикаялъул экономикаялъе кинаб асар гьез гьабизе бегьулеб? Санкциял лъазарурал пачалихъазулгун (Европа, США, Япония, Корея ва гь. ц.) рехсезе гIураб бухьен нилъер гьечIониги, лъалеб хIалалъул асар гьез гьабулеблъи хIакъаб буго. Бокьаниги бокьичIониги, нилъ разилъаниги разилъичIониги, гъурщил къуват учузлъиялда бан ва гьелъ хадур цIалел хIужабазда рекъон, киналго нигIматазул ва къайицIаялъул багьаби рахиналда щаклъи гьечIо. ТIолабго промышленносталда, ралел бакIазул магIишаталда, транспорталда квекIенал дандчIвазе рукIиналдаса ине бакIги гьечIо. Цо рахъалдасан балагьун, нилъер росдал магIишаталъе щвана кутакалда лъикIал ресал – нилъер гIадамал руго гьеб рахъалъ хIалбихьи бугел, цIикIкIине бегьула хIалтIи ва хIалтIизе бакIал, гIезарулел нигIматазул буго цIикIкIараб тIалаб (ГIарабазул ва Азиялъул пачалихъазде гIунтIун). Амма буго цогидаб рахъги. ТIолабго дунялалъего гIурал рохьалги, гьелда рекъон бащдаб дунял кагътица хьезабизе рес бугеб Россиялда, хъахIаб кагъат хъахIаблъун гьабизе хIажалъулел препаратал гьечIолъиялда бан, гьеб къанагIалъизехъин бугебго гIадин, росдал магIишаталдаги камун гьечIо гьединал мисалал. ЛъикIаб тайпаялъул цо-цо хьонал, авлахъазда ва ахазда, теплицабазда ва парниказда хIалтIизаричIого тIубаларел препаратал ва загьраби, тайпадулаб гIи-боцIухъанлъиялъе хIажалъулел дараби ва цогидабги руго къватIисел пачалихъаздаса росулел рукIарал. КIвезе бугищ дагьаб заманалда жаниб сунца бугониги гьеб кинабго хисизе? КIвани лъикIаб букIина, амма гьеб бигьаяб масъала гуро. Европа къан букIиналъ, Крымгун Краснодар краялде инеги бигьалъизе гьечIолъиялъ, туризм бугин ккола экономикаялъул гIагараб заманалда жаниб хIакъикъаталдаги цебетIезесеб бутIа. Лъугьараб ахIвалхIалалда, ккараб захIмалъиялда рекъон хисулеб буго пачалихъалъул экономикаялдехун бугеб бербалагьиги. Гьелда рекъон гьаризе байбихьана хехал тадбирал. ЦIакъго дагь гьаруна халгьабиял, гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалда ругез тIоцебесеб марталде щвезегIан росун рукIарал кредитал тIад руссинаризе кколеб болжал цIикIкIинабуна анлъго моцIалде щвезегIан. Амма гьел тIуранго эркен гьаруларо гьел кредитаздаса ва тIаде рачIунел про- центаздаса, цохIого-цо гьел рецIизе байбихьула анлъго моцIидасан. ЦIикIкIинабизе буго бизнесчагIазе кьураб лицензия хIалтIизабизе бегьулеб заман. Къарзалъе гIарац кьезе буго гIемерго бигьаял шартIазда. Ижараялда ракь кьеялда сверухъги рукIине бегьула хасал бигьалъаби.

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ