КIвар кьураб гIоларо

 

   Югалъулаб ва Северияб Кавказалъул округазул субъектазул рохьил магIишаталъул идарабаз 2021 соналда гьабураб хIалтIул хIасилал ва 2022 соналда ругел планал дандрана 20 январалда ДРялда тIобитIараб рохьил магIишаталъул федералияб агентствоялъул иргадулаб данделъиялда.

  Данделъиялда гIахьаллъарав ДРялъул хIукуматалъул председателасул ишал тIуралев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас мухIканго бицана бугеб ахIвалхIалалъул хIакъалъулъ.

   Республикаялъул рохьил фондалда буго 527,9 азарго гектар ракьалъул (гьеб рахъалъ Северияб Кавказалъул республиказда гьоркьоб нилъеца ккола тIоцебесеб бакI). Рохьазда хурхараб кинабго хIалтIи нухда бачиналъул хъулухъ тIаде ккола рохьил магIишаталъул комитеталде. ГьабсагIаталда гьеб идараялда ва гьелъул батIи-батIиял гIуцIабазда хIалтIулев вуго 427 чи, щибаб соналъ тIадеги восула лъаблъаб инспектор. Гьеб хIужаялъги бицуна пачалихъалъ гьеб хъулухъалде кьолеб бугеб кIваралъул.

   Абизе бегьула 2021 соналда рохьихъабазда церелъун рукIарал масъалаби гьез тIуранин 100 проценталъ абун. Гьебго хIисабалда тIурана «Экология» абураб миллияб проекталъ тIаде росун рукIарал суалалги. Рохь цIи гьабуна 514 гек- таралда, бакIарана 5,5 тонна рохьил хурдузул хьоналъул, цIа ккеялдаса цIуниялъул мурадалда рахъана 55 километралда нухал. 2019-2021 соназде къабул гьабун букIараб миллияб проекталда рекъон, босана 37 техника ва 402 алат-къайи. Гьединабго тайпаялъул техника «Экология» абураб миллияб проекталда рекъон исанаги босизе хIисабалде босун буго федералияб гIарцул 6,7 млн. гъурщихъ. 2021 соналъул хIалтIул хIасилазда федералияб бюджеталде бакIарана 62 млн. гъурущ (2020 соналдаса цIикIкIун, амма планалъул 88,5 процент), республикаялъул бюджеталде — 6,6 млн. гъурущ (планалда букIана 3,2 млн. гъурущ). Федералияб бюджеталде бакIарулеб гIарцул план тIубачIолъиялъе руго кьучIал гIиллабиги. 2007 соналда РФялъул хIукуматалъ къабул гьабун букIараб хIукмуялда рекъон, (тIадежураял рукIана 2018 соналда), ижарачагIазухъе кьолеб федералияб буголъиялъул рохьил ракьазул багьа Дагъистаналъе чIезабун буго округалъул цоги республикабаздаса 2-10 нухалъ цIикIкIун. Масала, росдал магIишаталъул нигIматал гIезаризе хIалтIизабулеб рохьил ракьалъул цо гектаралъул багьа нилъер республикаялда буго Чачан республикаялда бугелдаса чанго нухалъ цIикIкIун. Гьединал шартIал рукIиналъ, 2021соналда 20 ижарачияс инкар гьабуна къа- бул гьарун рукIарал къотIи-къаязда рекъон хIалтIизе, гьебго гьаби- зе документал хIадурулев вуго жеги 100-гIанасев ижарачи. Гьеб лъикIаб гуреб хIал хисизабизелъун ГIабдулмуслимовас республикая­ лъул бетIер Сергей Меликовасда гьа- рана, тIадехун рехсараб хIукмуялда хиса-басиял гьаризе квербакъейин абун хIукуматалъул председатель Михаил Мишустиниде хитIаб гьа- беян. Мишустиница къабул гьабуна гьеб хитIаб ва хIукуматалъул вицепремьер Виктория Абрамченкода тIадкъана ДРялъул вакилзабигун цадахъ рекъон гьеб суалалда тIад хIалтIейилан абун.

   ГIабдулмуслимовас данделъи- ялда борхана цоги суал. Цебехун киданиги букIинчIеб ракъдаллъиялъул, гьуразул къадар ва къуват цIикIкIиналъул хIасилалда, Северияб Дагъистаналда лъугьун буго цIакъго захIматаб хIал, кутакалда цIикIкIун буго салул тIадецуй. Щибго бижулареб ва гIи-боцIи хьихьизецин рес гьечIеб куцалда холеб буго ракь, хIинкъи буго гIагараб заманалда гьеб тIубанго салул авлахъалде свериялда. Гьеб хIал хисизабизе ругел дагьалго ресазда гьоркьоб аслияллъун ккола захIматал шартIаздаги рижулел, лъикIаб ракь хIажалъуларел, сали хIехьолел ва кколел гъутIбигун хъархъал чIей ва гидромелиоративиял хIалтIаби гьари. Жидерго къуваталдалъун республикаялъги гьарулел руго гьел, амма гIолеб гьечIо къуват. Гьединлъидал, агентствоялъул нухмалъиялда ГIабдулмуслимовас гьарана кIвар бугеб гьеб ишалъе, хасго цебе Нугъай районалда хIалтIулеб букIараб, гьабсагIаталда чIаголъиялда гьечIеб саженцал гIезарулеб питомник цIи гьабизе квербакъи. Гьелда тIад ургъизе нухмалъиялъул вакилзабаз рагIиги кьуна.

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ