ГIанкI

ГIанкIица росдада гIагарда гIумру гьабулеб букIана ха­сало. Сардил ригь щвараб ме­халъ гьеб цояб гIинги эххеде борхун гIенеккана; цинги цо­ябги борхана; михъалги кьур- кьуризарулаго сунтIана гьелъ, цинги нахъисел квачIазда бахъ­ун чIана. Цинги гьеб гъваридаб гIаздалъан кIанцIана, нахъеги кIусун сверухъ бала-гъалагьизе лъугьана. Сверухъ киса-кибе­го гIазу гуреб, тIокIаб щибни­ги бихьулеб букIинчIо. ГIазу кенчIелеб букIана. ГIанкIил ботIрода тIад квачалъул хIухьел бугоан чIун, гьеб хIухьладасан гвангъарал, кIудиял цIваби ри­хьулел рукIана.

 

 

ГIанкIица гьоцIабахе ине кIудияб нух бахине ккола­ан. КIудияб нухда чанагъазул къиркъириги чуязул пурххиги рагIулеб букIана.

 

Нухде гIагарлъухъ гIанкI на­хъеги чIана. Гьакихъаби жи­дерго чанагъазда хьолбохъан рилълъунел рукIана жем-жемун жидерго тIингъалъгун, рахчун гарбалгун. ГIанкI гьоцIалъе бе­керана. Унаго, гьелда бихьана кваналеб кIиго гIанкI. Квана­лаго, расандилаго ругоан гьел. Гьаб гIанкI гьалмагъзабигун басандилебги букIун, гьезда ца­дахъ цIорораб гIазу хъирщун, гIурччинаб ролъги кванан, жеги добегIан ана.

 

Росулъ дунял сасун чIун бугоан, цIаял ссун рихьула­ан, цо рокъосан къватIибе гIодулеб лъимадулги, цIороялъ кьватIизарулел чIалаби-хIубазулги гурони, тIокIаб жоялъул гьаркьал рагIулел рукIинчIо. ГIанкI гьоцIабалъе щвана, гье­нир гьелда гьалмагъзаби ратана. Гьеб гьезда цадахъ басандана, гIариялдаса дагьаб ниха ква­нана, цинги гIаздаца бахчараб тIохдасан гьоробе тIаде бахун, гьенисан чалиялъухъе ун, чо­лонисанги лъугьун, нахъбуссун жиндирго расалъиялде балагьун ана.

 

Бакъбаккул рахъ багIарлъун бачIунеб букIана. ЦIваби дагь­лъана, ракьалда тIад цIорол хIухьел тIадеги цIакъ бахъине лъугьана. АскIоб бугеб росулъ руччаби кьижаралъусаги рахъ­ун, лъадаре унел ругоан; бихьи­наз гьоцIабалъан рагIи баччун унеб бугоан, лъималазул хъуй ва гIоди рагIулеб букIана. Нухккун гIебеде гIемерал унел рихьула­ан чанагъазул тIелал, гьакихъа­би биччан гьаракьгун, гаргалел рагIулаан.

 

ГIанкI кIанцIун нухги къотIун, жиндирго басрияб каратI бугеб бакIалде щвана; борхатаб гIадинаб бакIги балагьун, бухъ-бухъун гIазуги тирщахъ бан, жин­дирго гьеб цIияб каратIалдехун мугъги рехун бегана. Мугъзада тIад гIундулги регизе риччан, ричIухъе бералгун кьижана.

Лев ТОЛСТОЙ