Лъималазе асарал

Ролъул тIор

 

Дунги кIодоэбелги
Хурире щвезе ана,
Свакарал ниж цо ссанда
ХIухьбахъизе лъалхъана.
Сверухъе валагьана,
Бихьана цо ролъул тIор:
Нилъер кIудадал гIадал
Михъал ругоан гьелъул.

Сордо

Лъиданиги лъачIого,
Лъилго изну гьечIого,
БачIана лахI гIадинаб,
БачIана бецIаб сордо.
Тамахаб бусен тIамун,
Гьури кьижизабуна,
Гьодида кверал рахъун,
ХIанчIи сасинаруна.
ГIурччинхарил кIутIбузде
Пунхъана лъел къатIраби,
ТIугьдузул гIанабазда
БагIараб лъуна накъищ.