Дир маргьадулаб Дагъистан

ГIагараб Дагъистан! Дир хIикматаб маргьаги мун, бахIарчиял биценазул тахидаги мун.

 

Дагъистан! Дир гIумруялъул кваркьиги мун, къисматалъул тIогьги мун. Дур мугIрузул тIогьисан гурищ тIолабго дунялалда рагIилеб хIалалда ахIараб машгьурав шагIирас:

— Бокьула, бокьула, дир гьитIинаб халкъ,

Бокьула, бокьула, дир кIудияб халкъ, — илан абун.

Дур къисматалъул бицун гурищ угьдарал дунялалдаго машгьурав художник Халилбегил    суратал.

Дагъистан! Дур мугIрузул тIогьазда кенчIелеб буго гIаркьахараб цIва. Щибаб  гIаркьелалъул жиндирго тарихги къисматги бугеб. Дур мугIрузул карандаги гIатIидал авлахъаздаги кенчIелел руго бутIи-батIиял кьеразул махI берцинал тIугьдул. Гьезул квацIиялда релълъараб буго жакъа мун, дир гIагараб тIалъи. КвацIудалъ бугеб щибаб тIегь- гьеб буго дур къисматалда нурлъун кунчIараб щибаб миллат. Щибаб тIогьол- щибаб тIамах – щибаб миллаталъул щибва вакиласул къисмат. Гьеб маргьаялъулаб квацIуда гъоркьоса цогIаги тIегь бечIани, нур суна дур, дир Дагъистан!

Гьел тIугьдузул кьалбал щулиял руго. Гьезда кьаву чIвазе кинго рес гьечIо –гьел къойил лъалъала Гьудуллъилъул цIадалъ.

ГIагараб Дагъистан! Дур каранда гьелъ угьун ругелщинал накъищал, дур тIогьазе гьез кьун бугебщинаб кунчIи.

Дур маржаназул цIалалда 100 абилеб маржан ххолеб гьал къояз, цоги нухалда гьаризе бокьун буго Дур халкъазул гьудуллъиялъе даимлъиги цолъиги.

ГIагараб Дагъистан! Бокьун буго, дур гIатIидаб каранда дирго бетIерги лъун, дур рекIел кIутIиялъухъ цо лахIзаталъ хIухьелккун гIенеккизе. Бокьун буго дур цIаралъеги борхалъиялъеги абадиялъго мустахIикъай йикIине.Бокьун буго дуда гьаризе – те дунги дур цIваялъе цо гьитIинабгIаги кунчIи кьолеб гIаркьеллъун…