Фидель Кастро “кодов восарав” магIарулав

Нужеда лъалищ Совет Союзалдаги Со­циалистияб Кубаялдаги гьоркьор цо зама­налда хун рукIарал дипломатиял бухьенал цIидасанги лъикIлъиялъе ккараб аслияб гIилла?

 

 

Хваниги хадур гъезе гьечIо, дицаго бицинчIони.

 

 

«Бахьикъосалъул» халкъазда гьоркьо­себ отделалъул хасав мухбир ХIамза аль Гъамсукь ибн ХIабибил донесениялда рекъон, кIикъого соналъ цеве, ай 1980 со­налъул масковски Олимпиадаялде вачIарав Кубаялъул Команданте Пидель Кастро Рус дандчIван вуго Дагъистаналъул Игит, инса­нияталъулго руччабазул ва тIолабго дуня­лалъул хIакимзабазул хIасратав гьудул Абу — ХIасан аль ЧIарадагун.

 

ЦIар рагIарав политик жанив чIараб чIухIараб гостиницаялде чIового инищха гьалбал хирияв аль ЧIарадаги, цадахъ ячун йиго цIумур гIадай мулатка Майсарат Гон­салес душ Сантос.

 

 

Кубаялъул цевехъанасе нилъерго гьаниса Игитас раччун арал цоги сайгъатазул (су­шонни бакьаздаса байбихьун, щуго цIва бугеб Кизляр — коньякалде щвезегIан) бицинего бицинаро.

 

Анкь Москваялда базе къасдгун нилъ­ехъе къокъун вукIарав цIа гIадав революци­онерас, гьеб кинабго нигIмат бихьигун ва хIалбихьигун, категорически инкар ккун буго Олимпиада лъугIичIого гIагараб Куба­ялде тIад вуссине. «Игитасда аскIоса дица кибниги гали бахъизе гьечIо»,- ян чIун вуго Эркенаб ЧIинкIиллъиялъул чIагояб Леген­да! Дагьаб хутIун буго международный гъалмагъир багъаризе, ай хабар тIибитIун буго Кубаялъул лидерас Совет Союзалда убежище гьарун бугилан…

 

 

Абу-ХIасаница гьеб моцIида жаний чан Майсарат мистер Кастро Русил чIухIарал апартаментазухъе ккезаюраяли ва чан шишил бетIер чIинтIизабурабали чIванкъотIун лъалев ва бицине кIолев чи кIиго вукIун вуго — живго аль ЧIарадаги гостиницаялъул чIегIеркIкIубай горнич­ная Элизабет Тейлорги.

 

Гьедизе, гьайгьай, кIоларо, амма бицен букIана гьеб дандчIваялдаса хадур нахъеги чIаголъанила Совет Союзалъулги Кубаялъ­улги дипломатиял гьоркьорлъаби ва кута­калда эхеде, высши уровеналде раханила гьел.

 

 

Гьединав вас вуго, нижер божарав гьудул ва дунялалъулго руччабазул любимчик, Абу- ХIасан аль ЧIарада ибн МухIаммад.