«Джипалгун» вагъарав, вагъичIого къола

Рада-радал хIалтIуде уневщинахъе, вореха дир вас, цIодорго вукIайилан малъа-хъвай гьабула эбелалъ дие. Дицаги эбелалъ малъухъе гьабизе хIаракат бахъула. ГIурччинаб канлъи бакараб мехалда гурони нухги бахунаро, нухлул ракьанчIван гурони хьвадизеги хьвадуларо, маршруткаялде тIаде вахунелъулги гъоркье рещтIунелъулги рахъ-рахъалде бералги речIчIизарула.

 

Гьаб нухалдайин абуни, къосун ккана, малгIун иблисалъ мекъи рехана.

 

Маршруткаялъухъ валагьун чIарав дун, нухлул ракьанда гурев, дагьав цеве гьункьун чIун ватана. Гьебгиха, дидаго лъачIого. Циндаго бихьана, пири гIадин боржун бачIунеб, «Джип» машина. ЛъикIалъегIаги батагихайилан пикру гьабизехъин вукIаго, бугоха гьединабго цоги «Джипги», гьебго хехлъиялда данде бачIунеб. Гьел «Джипал» цоцазда дандречIчIизе кколаан. Амма цояб «джипалъулас» жиндирго айгъиралъул руль дун вугеб рахъалде сверизабиги, гьелъул капоталда тIад дун рещтIиги цадахъ ккана. Гьебго лахIзаталда жаниб гьаб цояб «Джипалъул» хьолболъ доб цояб «Джипги» речIчIана. Гьаб «Джипалъул» капоталдасанги воржун, дун доб цояб «Джипалъул» нуцIида речIчIана. ЛъикIго бетIер тункиялъгIаги батилаха, ккара-тараб бичIчIуларого гIадин лъугьана.

Амма цо чанго хьабалахъгIучIги кваранаб рукьги бекараблъи якъинго бичIчIана. ХIал лъазе теларилан, тIадеги вахъун, цоцалъ хурхун чIарал «джипазул» хважаинзабазде гьоркьове лъугьине хIаракат бахъана. Сабру гьабе, гIолохъаби, сабруянги ахIулаго, дун цояв цоясдаса ватIа гьавизе тIаделъана. Инсуца абулаан «гьоркьове лъугьиналдаса бокьове лъугьинго лъикIаб букIунин» абураб кици бугила магIарулазул. Цо чанго бакIаб зар щвараб дир гьагаб гвангвараялдаса гьарзаго би чваххизе лъугьана. Берги бачIана гьорон- бегьуларо гъарималда гьури хъвазеги, мамент хъахIиллъула.

Гьеб параялъ дида ракIалде щвана магIарул газеталда хIалтIулев вукIарав, мунагьал чураяв МухIамадсултIан Шахтамановас бицун букIараб цо лъугьа-бахъин.

 

Араб гIасруялъул 90-абилел соназда модаялда рукIана чIарадисел, гьезде данде гьункьизе лъиего бокьулароан. ПалхIасил, ЧIарадаса гIолохъаби цоцалъ кьабгIезе ккун руго. МаслихIаталъе гьоркьове лъугьун вуго цояв. Гьоркьове лъугьарасда цIикIкIун щолеб гIадатищ букIунебали лъаларо, цояс кьабураб жоялъ цIан витIун лъун вуго гьев. Цо заманалдасан вигьа-вичун вачIиндал, гьес абурабила «гьа, гьанже щибха алъул ккарабилан». Гьелъухъего, «джипалъулазде» гьоркьове лъугьарав дунги, чанго щулияб ударалдаса хадув, хварав гIадин ауталде ккана. Лъавуде вачIиндал, ГАИялъулги, милица-полициялъулги ва дида лъаларел цоги хъулухъазулги хIалтIухъаби ракIарун ратана гьенире. КIиявго «Джип» рекIарас, дидехун килщалги ритIун, цо ричIчIуларел жал рицунел рукIана. Гьеб параялъ полицаяз, тIадги речIчIун, цояб бекараб, цогидаб бекизе къачIараб кIиябго кверги нахъехун кьурун, дун жидерго бобикалъув къазавуна. БольницаялдегIаги вачунев ватилинха талихIкъадазилан пикрабиги рачIунаан мех-мехалъ, амма нахъехун квералги рухьун гьениве вачунеб къагIида жеги бихьун букIинчIелъул, сундаялиго щаклъулевги вукIана. Цо заманалдасан щвана, Ленинил лъаларо, Кировасул лъаларо, цIар лъураб полициялъул отделениялде. Гьениб, цо къваридабго кабинеталъувеги вачун, жужахIалъул хъаравул гIадав цо согIав чияс байбихьана сурав босизе.

— Гьая, бихьинчи, бице щиб дица дуе гьабизе кколебали?- ян гьикъана гьес, гъажалда рарал цIвабзазда кверги бахъун.

 

— Дида щибго бичIчIуларо, ккараб жогIаги щиб? — ан кIалъана дунги.

— Дудайищ бичIчIулареб? Дица бичIчIизабила гури! — ян хьвагIун бачIараб хъапазгIанасеб хъаравуласул заралъ зодове «воржизавуна», дагьав цевегIан ракьалда хъурщулев вукIарав дун. Гьев ментасул гъажалда рарал цIваби гIадал жал паркъезе лъугьана берда цере.

 

— Ма, гьабги цIале, гъоркь гъулбасги гьабе, бандит, — иланги абун, гьес дида цебе рехана тIомгIанасеб кагъат.

Гьелда хъвараб цIалидал иргадулаб нухалъ лъавудаса ине дагьалъ хутIана. Амма, хIалалъ яхIги гьабун, ахиралде щвезегIан цIалана «къиса». Гьелда хъван бугоан гьадин:

 

«Пуланаб къотIносан бачIунеб букIана пуланав милиционерасул машина. Гьелда цевеги кIанцIун, пуланав чияс, ай дица, гьелъул капот хвезабуна, гьеб малаца бухана. Милиционерасул машина хIакъир гьабулеб бихьана, жиндирго машинаялдаги рекIун аскIосан унев вукIарав, прокуратураялъул хIалтIухъанасда. Гьеб хIехьезе кIвечIев прокуратураялъул хIалтIухъан кумекалъе вортана. Амма дов чи, ай дун, чIезавизе кIвечIо ва прокуратураялъул хIалтIухъанасул машинадул нуцIа заруца бухун хвезабуна. НуцIида зарал ралаго, гьесул, ай дир, рукьги бекана. Гьеб гIечIого, бекизегIан жиндирго бетIер кьабгIунги, дорожни хулиганас «хвалилаб ругъун» лъуна кIиябго машинаялда.

«Гьеб кинабго ритIухъ гьабула, гIайибалъе тIуванго мукIурлъула ва кIиябго машина бецIизе тIаде босула». Гьедин хъван бугоан дица гъоркь гъулбасине кколеб тIанчил ахиралда.

 

— Гьанже бичIчIанищ дуда? — ян тIаде гьункьун вачIана рокьукъав милиц.

— БичIчIана, бичIчIунгутIизе эниб щиб бугеб? Амма дихъа, кьварун вакъварав, харжалъул бадиве валагьун, гIумру тIамулев мискинчиясухъа, гьеб зарал бецIун бажаруларо, — ян жаваб кьуна дица.

 

— БецIун бажаричIони — бецIаб туснахъ!- илан диде тIаде цIавуцIахъдана довго чи. — Лъабго гургинаб лъагIел.

ПалхIасил, иш ккана судалде. ЧIухIарал цIороберазда тIасан дихъги валагьун, судияс лъабго соналъ «санаториялде» витIизе хIукму гьабуна.

 

Гьалеха, «хIухьбахъулев» вуго ва «хIухьбахъулеб» бакIалдаса гьаб макъалаги хъвана.

Бокьарас цIалила, рихарас, бихъун, нахъе рехила казият.

 

Амма, бихъилелде, гьаб дир насихIаталъулаб чанго мухъгIаги цIаличIого тоге:

«Гьудулзай, жидерго нухда унел машинабигун воре киданиги рагъуге ва нухлул ракьандасан гурони, кьвагьун хваниги, галиги бахъуге».