Хасавюрт базаралда босулеб буго ханжу…

Цо-цо багьана батун,
Хварал харбалги риччан,
Хасавюрт базаралда
Босулеб буго ханжу.

Макарон, песокалъул
Паэтонал хIадурун,
ХIурда росун киналго
ТIерхьана Чачаналъе.
Нахул шушбиги раччун,
Вилълъине кIолеяв чи,
КIвараб хIалалъ гьаказда
Гьункьиялда рачIунел.
КIиго къоялда жаниб,
Терек базар абуни,
Тукаби чIороголъун
ЧIабар баккун бугоан.
Вай тамаша — гIаламат
ГIажал — унти баккидал
ГIилла кинаб букIунеб
Кваназе хIадурулел?
ГIадамас жиндир ботIролъ
Лъезе ккеларищ пикру,
Къадар тIаде щванани,
Щибдай дир хIадур бугеб?
Квешал унтабаздасан
Киналго цIунейилан,
Квералги ккун гьардезе
ВагIза щай гьабулареб?
Аллагьас гIакълу кьеги,
ГIумру бигьа гьабизе,
Иман тIинкIизабеги
ТIадагьал бутIрузулъе.