Вирусалъулгун кьал

Вирусалъул тIел бугин тIаде щвезе гIагарлъун,
ГIажалалъул лъар бугин Китаялдаса щолеб.

Воре! ЦIодорлъи гьабе! ГIорхъаби щула гьаре!
ГIадан жанив виччаге къватIисел улкабазул.

Кинабго къайи нилъер «Маде ин Китай» буго,
Гьанже гIажалги нилъей гьенисандай бачIинеб,
РачIунел унезени гIорхъичIвай гьабилаан,
ГIажал гьукъизе кIолев чи вуго дий къваригIун.

Кванил нигIматал ругел тукабахъ товар течIин,
Метерисеб къоялда божилъи хунищ бугеб?
Ханжу – чакар букIунел базаби гIолел гьечIин,
ХIукуматалъул бутIруз рехун телинищ ккараб?

Нужехъ кванил нигIматал, хIалхьезегIан ругелъул,
Маликумавтасдаги абе дагьалъ чIайилан.
Маска ххуни «гьукъулеб» гIажалалъул унтиги,
Инкар ккун нуж чIанани, чIвалеб батила нахъе.

Гьардарал дахIалазе дунялалъул хиралъи,
Хвезе рижун гьечIелъул даимго гьанир рукIа.
Нужеда вихьулелъув ГIизраилги гьечIелъул,
Гьурмада маскаби ххун хвалдаса цIуни гьабе.

Базарги базабиги рокъоре сокIкIаниги,
СагIаталъ нахъе цIазе къадар нужей кIвеларо.
Унтудаса цIунизе жигар гьабунаниги,
Жаннаталде унезе гьелъ кумек гьабуларо.

Чармил къолдаби ретIе, тIагIун бугин бачIунеб,
ТIибалъул сабаб къачIай къо лъугIарал холареб.
Хехго гIарадаби цIе гIажалалде речIчIизе,
Нужго дуниялги ккун, даимго гьанир тезе.

Диени гьабсагIаталъ хваниги кIвар гьечIоан,
Халикъас хирияйгун хIуснул Хатимат кьуни.
Вирусалъул унтулги ургъел гьабилароан,
АлжаналъувегIаги рехулев лъалебани.