Коронавирус

Гьаб щиб квешаб хабар, коронавирус,
Вирус гъорлъе ккаяз ургъараб хӀилла!

ХIамузда, гьаказда, «маххул чуязда»,
ЦӀунцӀрабаца гӀадин баччулеб нигӀмат.

Ханжу-квараялъул, чакар-цIамалъул
Нахърател гьабуни, гьанирищ толел?
Картошка, капуста тоннабаз босун,
Ихдалил къояца кин гьеб цӀунилеб?

Макарон, бугIа, ролъ лъагӀалий гӀураб,
НацӀ бангӀаги холин хиял кколарищ?
Шампуналгун сапнал — сундуе запас,
Чурун тӀом ччукӀизе тIадищ босараб?

Запасал гьаризе санагIат ккечIел,
Метер квен тӀагӀани, кире тIурилел?
Мискин-пакъирасе бикьа-къотIичIеб,
МахIшаралда нужер щокъроб къаларищ?

ГӀанхрил гӀамал бугеб, гӀорцӀулареб къавм,
Къиямасеб къоялъ киндай букӀинеб?
Цоцазул гьан квине хӀадуралщиназ,
ХӀисаб кьолеб мехалъ щибдай гьабилеб?

Аллагьас дуй кьурал къоял тӀагӀани,
Къуват букIинадай хвел нахъе чӀвалеб?
ГӀизраил малаик къаданив щвани,
Щиб багьана батун чIаго хутIилев?

Кинабго тӀощалил запас гьабуни,
Гьанирго телилан божийищ лъураб?!
Багьаби тӀаде чӀван щвараб гӀарацищ,
Ришваталъе кьелеб дунял бокьараз?

Нужей гIумру кьеял, яцалгун вацал,
Чахьал цӀезаризе нуж гӀедегӀуге!
ГIодор бутIрул къулун, цере кверал ккун,
ХӀеле ракI-ракIалъго, Бичасде хьулгун.

Какда хадуб гьаре, гьабун дугӀагун,
ГӀакълу кьейин абун бищунго цебе!
Аллагьасе щукру, рецц гьабун чӀезе,
РекӀей иман гьаре ТӀадегӀанасда!

Вирусалъ къо тӀагӀун хвезе ратани,
Цадахъ босулелъул ургъел гьабичӀищ?
Антивирус бугин гьелъий садакъа,
Гьедин гьеб «корона» кин нахъ чӀвалареб?!

Нилъер хIал бихьизе тӀаде тӀамураб,
Къо хӀехьечӀонани, ццин бахъинарищ?
Бихьараб хӀехьезе сабруги гьарун,
ГӀодоре руссани, лъикӀ букӀинарищ?

Дицани абила – АлхӀамдулиЛлагь,
Рецц дуе БетӀергьан, я РахӀимуЛлагь!
Къисматалъ хъваралда, дуца кьуралда,
Дун разияй йиго, хирияв Аллагь!