ЧохтIо

 
 
ПатIи, мун ячIарай
Кьохъан ятани,
Кьодухъ ссак биххичIеб
ГIаламат гурищ
                           (ЦIадаса ХIамзат)
 
ПатIи, мун ячIараб
Кьо бугебани,
Кьелаан къойилго
Къадругун салам,
 
Ва щибаб ворчIуда
ВачIинаан духъ,
ЧIагоял тIугьдулгун
Накаби чIвазе.
 
Амма мун хьвадараб
Хьиндалазул кьо,
НекIого хисана,
Маххулаб лъезе,
 
Херав ХIамзатица
ХIукму къотIараб,
Жакъа музеяхъцин
ГьечIо чохтIоги.
 
Гьеб хисун магIарухъ
Дур магIарулалъ
Махералъул шарфал
Руго жемулел.
 
ЦIакъго «современний»
Сверуде ккараз,
Норка тIагъур буго
Надалде цIалеб.
 
Рилълъин хисун буго,
ПатIи, яцазул – 
Пайтоналда рарал
Чуялин ккола,
 
Черх-керен, кинабго
Рагьараб зодикь,
Къогъеназда лъураб
Къайи кинниги.
 
Калам-нич тIагIараб
Гьазул кIутIбузда – 
КIиго – гIурус мацIалъ,
Цо – рахьдал мацIалъ,
 
КъунцIарал бутIрулги,
БетIараб расги
БатIияб къо буго
Жакъа тIаде щун.
 
Огь, ГIашурал ПатIи,
ГIашурал ПатIи,
ГIалам гирун араб
Гьаб гIассияб кIкIал,
 
Огь, ГIандиса ПатIи,
ГIандиса ПатIи,
ТIубан Петералде
Сверараб дунял.