РухIиял гьоркьорлъаби гIагар гьарулеб форум

Динцоял ва дин батIиял Аллагьасул лагъзал

Дагьаб цебегIан МахIачхъалаялда рагIалде бахъана диназда гьор­кьосеб гIолилазул форум. Гьелда гIахьаллъана Россиялъул регионаз­даса ва къватIисел пачалихъаздаса батIи-батIиял диназул кинавниги 70 вакил.

Форум араб куцалъул бицана 2 октябралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда.

 

 

Республикаялъул миллияб поли­тикаялъул ва диназул суалазул рахъ­алъ министр Энрик Муслимовги муфтиясул заместитель МухIамад Майрановги рачIун рукIана жур­налисталгун дандчIвазе. Гьединго гьенир гIахьаллъана жугьутIазул жамгIияб цолъиялъул вакил Расим Шалумовги МахIачхъалаялда бугеб насранияб килисаялъул секретарь, иерей Виталий Тарасовги.

Энрик Муслимовасул рагIабазда рекъон, анкьабилеб нухалъги ре­спубликаялда тIобитIулеб гьеб дан­делъи исана гIажаибго берцинго ана.

 

Россиялдаса ва цогидал улка­баздаса батIи-батIияб диналъул вакилзабилъун кколел гIолохъаби рачIун рукIана гьенире. Панде­миялъул хIалуцин жеги гIодоцун гьечIелъул, гIахьаллъизе бокьара­зул къадар исана дагь гьабизе ккун буго министерствоялъ. Гьединлъи­дал 70-гIанасев чи гурони вачIине бегьун гьечIо. Амма чагIи дагьал рукIиналъул цо пайдаги ккун буго. РакI рагьун, эркенго кинавго чи цоцада кIалъазе цIакъ санагIалъи букIана исана.

«ЧIагояб эфиралдаса форумалъулгун бухьен гьабурал дунялал­дасаго экспертаз цIакъ кIудияб къимат кьуна исана тIобитIараб тадбиралъе. Хасго ракIалда чIана форумалъе модераторлъи гьа­бурай Анна Беликовалъ абурал рагIаби. Гьадин кIудияб даража­ялда тIобитIараб цоги форум жинда ракIалда гьечIин, гьалъул хIалбихьиялдаса пайда босизе рекъ­араб бугин дунялалда тIоритIулел цогидал форумазгиян абуна гьелъ.

 

Дир хIисабалда, аслияб жолъун исана ккана гIолохъабазул букIараб чIаголъи. Цогидаб диналъул аслаби, кьучI, гьелъул хаслъи ва гIадатал, тарих лъазабизе, гьелъул адаб гьа­бизе гьезие бокьун букIин бихьулеб букIана. Гьелъ киналго рохизеги гьаруна», — ян абуна Энрик Мусли­мовас.

Гьесулго рагIаби тасдикъ гьарун кIалъана муфтиясул заместитель М. Майрановги. Жиндир дин бищун цIакъабги тIадегIанабги бугин чи чIезе бегьуларин, цогидал конфес­сиязулги адаб букIине кколин, гьеб рахъ исанасеб форумалда цIакъ бер­цинго анин бицана гьес.

 

Иудеязул вакил Р. Шалумовги цIакъ разиго вугоан форумалдаса. Форумалъе лъикIаб къимат кьун кIалъана, МахIачхъалаялъул иерей В. Тарасовги.