ЖамагIатчагIазул гIарзал

8 октябралъул къалъудаса хадуб ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев Сергей Меликов дандчIвана республикаялъул жамгIиял хIаракатчагIигун, Харабазул советалъул вакилзабигун.

 

 

Харабазул советалъул нухмалъулев ГIабдула МухIмадовас С. Меликовасе малъа-хъваял гьаруна гIадамал хъулухъаздаса рахъизе гIедегIугейин, гьезул щивасул х1ал­т1и борцинчIого.

МухIамадовас гьарана ДРялъул бетIерасулгун хIукуматалъул адми­нистрациялъул нухмалъулев Вла­димир Ивановги тейин гьеб хъу­лухъалда. «Дагъистаналъе цIуне гьев, кивего виччаге», — ян абуна гьес.

 

Гьев гьоркьов къотIизавуна за­лалда рукIаразул хъатчIваялъ.

Блогер Булач ЧIанкIалаевас гьарана Гьоор-Хьиндахъа вацал ХIасанхIусенгун Наби ХIасанхIусеновал чIваялъул цIех-рех рагIалде бахъинабизе кумек гьабеян.

Сергей Меликовас абуна гьеб бугин Дагъистаналдаго лъураб ругъун. Гьелда бан щиб бугониги гьабилин абун рагIи кьезе гьечIин жинца, амма кутакалда гIемераб за­ман анин гьелдаса нахъе ва нилъеца гьеб ругъун сах гьабизеги кколин.

 

Гьединго ЧIанкIалаевас Сергей Меликовасул кIвар буссинабуна МахIачхъалаялда тIокIалъ чIечIого борхулеб кIиго суалалдеги – къун унеб бугеб Ак-Гель хIорги, зама- заманалдасан цIаги лъун, бухIун лъугIизабулеб бугеб Эльтавалъул рохьги цIунизе ккеялъул.

Данделъиялда борхана цо-цо хIакимзабазул гIайибалдалъун пай­да босизе бажаричIого Москваялде чанцIулго нахъбуссинабураб феде­ралияб гIарцул суалги – 9-10 млрд гъурущ кколин гьебиланги абуна.

 

Сергей Меликовас бицана гьеб кинабго хIисабалде босизе бу­гин ва ч1ванкъотIараб хIукмуги къотIилин.

Исана сентябралда тIоритIарал рищиязда халкъалда лъазего лъа­ларел чагIи бергьараблъиги бицана данделъиялда. Меликовасги абуна халкъалда лъалел чагIи рукIине кколин депутаталлъунилан.

РФялъул Конституциялда гьа­рурал хиса-басиязда тIасан ха­бар ккедал, гьелги рагIа-ракьанде щун гIадамазда ричIчIизарун рукIинчIин кIалъана С. Меликов.