Нилъер шагьранухал бищун узданал

Россиялъул церетIурал шагьаразецин мисалияб ку­цалда къачIалел руго магIарухъе унел нухал

ЛъикIаб тайпаялъул къачIарал нухал хIисабалда нилъер республи­каялда ругел шагьранухал росун руго Россиялдаго бищунго лъикIал нухазул сияхIалде. Киналго тIалабазде дандекколел ва хъулухъ гьабун къачIарал нухазул 56 процент хIисабалде босун буго статистикаялъу­лаб цIехрех гьабураз. Россиялда бищун лъикIал нухал ратун руго Мо­скваялдаги, ХантыМансийскиялъул автономияб округалдаги. Нилъ­ер республика буго сияхIалъул 16абилеб бакIалда.

 

ГьечIеб жо тIаде жубан кьураб баян гьеб гурин бицана «Дагъав­тодор» идараялъул пресс-хъулухъалъул вакилас.

— Нухал къачIаялде цIакъ кIудияб кIвар кьолеб буго республикаялда ахираб заманалда. 2019 соналда ни­жеца къачIана 500 километр нухлул. Гьединго реконструкциялъулал хIалтIаби гьаруна 150 км. шагьранухазе. Гьелъул магIна кколаро ниже­ца киса-кибего хъилги тIун нухал къачIанин абураб. Хъил тIуралги руго, тIечIел нухал ритIизарун, гIемераб хIалтIи гьабуна.

 

Гьединго гъоркьисаги исанаги нижеца кIвар кьуна цереккун къачIалаго рагIалде рахъинчIого хутIун рукIарал нухал лъугIизариялдеги. Нухал къачIаялда жаниб багьабазул оптимизация гьабиялъги, гIарцул сурсатазул суалги чIара-хьараб низамалде бачIиналъги рес кьуна гьел хIалтIаби рагIалде рахъинаризе, — ян бицана «Дагъавтодоралъул» пресс-хъулухъалъул вакил МухIамад Лабазано­вас.

Шоферзабазул рагIабазда рекъонги, цогидал регионазда данде ккуни, гIемерго узданал ва хъулухъ гьабурал нухал руго нилъер респу­бликаялда. Мисалалъе, Россиялъ­ул централда ругел шагьараздацин гIемер руго, цIадал хIалакиндал, сордо-къоялъ жаниса хьвадизе бе­гьуларедухъ лъугьунел нухал.

 

Нухазда хвезабулеб гIарцуда ба­рахщугеги, хIукумат. ЦIакъ кири кIудияб иш бугелъул.