БахIарзалги гIолилалги

19 cентябралда МахIачхъалаялда Гьудуллъиялъул Минаялъуб тIобитIана Россиялъул БахIарзазулгун гIолохъанал дагъистаниязул дандчIвай.

Цереккун гьединал тадбирал Избербашалдаги, Дербенталдаги, гьединго ДГУялдаги гьаруна.

 

 

Улкаялъул 67 шагьаралда тIоритIана Совет Союзалъулги Россиялъулги БахIарзазулгун студента­зул, волонтёразул, школлъималазул дандчIваял.

«БахIарзазул Вахта» абураб гьеб тадбиралда нилъер республикаялда гIахьаллъана 12 БахIарчи – нилъерго гьаниса, Ингушетиялдаса, Севе­рияб Осетиялдаса, Адыгеялдаса, Калмыкиялдаса, Алтаялдаса, Ро­стовалдаса ва Калининград обла­сталдаса.

 

ТIаде балагьун цIакъго гIадатал чагIиян кканиги, гьезул щивас гIезегIан гьунарал гьарун ругоан 20 соналъ цебе нилъер гьанирги Чача­налдаги ккарал рагъазулъ.

Масала, Адыгеялдаса Эдуард Цеев 1999 соналда «ХIамилгIин» борхалъиялда вагъулев вукIун вуго. Гьесда кIун буго цониги рагъухъанасе къварилъи кколареб куцалда гьениса жидерго къокъа нахъе бачине. Гьединго жинцаго кодобги ккун, цадахъ босун бачIун буго чIварав командир Костинил жаназаги.

 

Жидер къокъабазда квешаб кьа­би щвезабиялъ доб мехалда боеви­каз чIвазе къотIун вукIана Болъихъ районалъул Гъодобериса мили­циялъул прапорщик ДибирхIажи МухIамадовги. Гьев ккурав чиясе 25 азарго доллар кьолеб бугилан­ги лъазабун букIана. Масала, цо нухалда ДибирхIажица кьвагьиза­була Гъодобери росулъе бачIунеб букIараб боевиказул колонна. Цоги­даб нухалда гьев тIаде ккола нохъ­ода хIухьбахъулел рукIарал бое­виказде, цинги — гьезул лагералде. КIиябго нухалдаги ДибирхIажица кьвагьулел жалниги, берал чвах­хизабулеб газ биччанниги пасалъи рещтIинабула боевиказде.

Амма кьвагьун бачIараб жоялъул кескал щун, лъукъун гурони, ДибирхIажи цониги нухалда гье­зухъе кодове щоларо.

 

«БахIарзазул Вахтаялде» Дагъ­истаналде рачIарал гьалбадерида гъорлъ вукIана Ингушетиялдаса Абубакар Костоевги. ГIадамал гIемераб бакIалда террористас живго жинцаго кьвагьизавизехъин вуги­лан хабарги щун, гьесги гьалмагъ­забазги нух къан буго цо росулъе бачIунеб букIараб машинаялъе. Гьенив жанив вукIун вуго дов террорист. Гьеб мехалда гьес бахъинабураб кьвагьиялъ гьаваялде щущан ун машинагун полициялъул ункъо хIалтIухъан (гьездаго цадахъ Костоевги) захIматго лъукъун руго. Доб росулъа цо чи хунги вуго.

ГIолилазулгун дандчIваялда гIахьаллъарал БахIарзазда гьор­кьор рукIана нилъер ракьцоял­ги – Росгвардиялъул нухмалъулев МухIамад БагIачилов (ЧIарада районалъул Мугурухъ росу), За­гьид Загьидов (Гъуниб районалъул КIогьори росу), Зулкъаид Зулкъаи­дов (Агул районалъул Буршаг росу), МухIамад Гьиматов (Хьаргаби росу).

 

Улкаялда «БахIарзазул Вахта» тIобитIизе байбихьана 2012 сонал­да. ТIоцебе тIобитIана Рязаналъул гьаваялъулгун десанталъул аскара­зул училищеялда.

1992 соналдаса 2014 соналде щвезегIан Россиялъул БахIарчи абураб цIар кьуна 1013 чиясе.

 

Бищун гIемер БахIарзал рахъун руго Чачаналда, кIиабилеб рагъ лъугIидал (гьединго 1999 соналда Дагъистаналда букIараб рагъдаса хадур) – 304 чи.

КIиабилеб бакIалда руго Чача­налъул тIоцебесеб рагъул гIахьалчагIи — 175 чи.

 

Гьединго БахIарзазул цIаразе мустахIикълъарал россиялъулаз­да гьоркьор руго рагъухъаби гу­релги, цIи-цIияб ярагъ ургъарал гIалимзабиги, космонавталги, Чер­нобылалъул АЭСалда ккараб авари­ялъул хIасил рукIалиде бачаралги, 1992 соналда Россиялъул вакиллъи Кабулалдаса гочинабизе кумек гьа­буралги, 1996 соналда Афгъаниста­налда тIалибазул асирлъиялдаса рорчIизе кIварал летчикалги, рос­дал магIишаталъул хIалтIухъабиги, спортсменалги, сапарчагIиги ва цо­гидалги.