Хасавюрталъул цIияв мэр

Гьал къоязда Хасавюрт шагьаралъул бетIерлъун бакIалъулал депутатаз вищана Коргъоли Коргъолиев.

 

Гьесде щвезегIан (2015 соналдаса нахъе) гьеб хъулухъалда вукIана Буртунаялдаса Зайнудин Охъмазов.

 

Коргъолиевги гьенисаго ккола.

 

Хасавюрт шагьаралъул сайталда хъвавухъе, мэрасул хъу- лухъалде кандидатураби лъун рукIана 13 чияс. Гьезул анлъгоясе инкар гьабуна комиссиялъ, хадуб лъабго кандидатасги нахъе росана жидерго документал.

 

 

Коргъолиев гьавуна 1976 соналда. 2015 соналда гьев тIамуна халкъазда гьоркьосеб политикаялъулгун жамгIияталъул бухьеназул рахъалъ Хасавюрт шагьаралъул администрациялда цебе рагьараб отделалъул нухмалъулевлъун.

 

Нахъисеб соналда гьев тIамуна ДРялъул Транспорталъулгун энергетикаялъул ва бухьеналъул министерствоялъул управлениялъул начальникасул заместительлъун.

 

2017 соналъул ихдал гьесда тIадкъана Хасавюрт шагьаралъул нухмалъулесул тIоцевесев заместителасул хъулухъ.

 

 

«ХIакъикъат» газеталъ ракI- ракIалъ баркула Коргъоли Коргъолиевасда цIияб хъулухъ ва гьарула халкъалъе пайдаяб, баракатаб бата- гийин гьебилан.