Мехтарал гIоркьилаз мерхьунеб гIумру

Нухазул къурбаназул пашманаб сияхI

Авариял гIемерлъулел руго къо бахъанагIан. Машина цоцалъ тункичIебниги, чиясе къварилъи ккечIебги къо гьечIо республика­ялда. ЦохIо гьаб араб анкьалда жаниб ичIго чи хун, 35-яв лъукъун больницаялде ккун вуго.

 

 

РакIгъанцIизабулеб авария кка­на 25 июлалъул кватIараб сардилъ Хасавюрт районалда. 46 сон ба­рав чияс бачунеб машина, нухлул гIорхъиги хвезабун дандречIчIана 25 барав чияс бачунеб цогидаб машинаялда. Амма иш гьелда къокълъичIо, гьевго талихIкъос речIчIана аскIосан унеб букIараб цоги автомобилалда. ГIайиб кка­рав 46 сон баравги, гьесда цадахъ вукIаравги, гьел речIчIараб маши­на бачунев 25 сон баравги гьесул­го гьалмагъги лъабабилеб маши­наялда жанив вукIарав чиги гьеб бакIалдаго хвана. Жеги щугоги чи захIматаб хIалалда больницаял­де хъамуна. Щуго жаназа. Щуго захIматго лъукъарал…

 

 Цересел къояздаги, цо мехта­рас машинаялъ мерхьун реха­на къватIал лъухьулей йикIарай цIикIкIараб ригьалъул гIадан. Гьей гъаримги бакIалдаго хвана. Гьан­же гьев чIухIухъан 12 моцIалъ тус­нахъ гьавун вуго суд гьабулеб къо щвезегIан.

 

 

Мехтарал гIоркьилаз гIумруялдаса ратIа гьаруразул сияхI гьитIинаб гьечIо. Исана маялда «цIани магIарде рахарав» цо лотияс ба­чунеб машина речIчIана цогиял­да. Гьеб бакIалдаго хвана гьелъул шоферги мехтарасул машинаялда жанир рукIарал кIигоялги. Гьанже гьев судалда цеве эхетизе вуго.

 

Гьединго 27 июлалда Сергохъ­ала районалда «Утамыш-Кичи- Гамри» шагьарнухда ккараб ав­тоавариялда хвана цо чи. 32 сон барав гIолохъанчиясухъа машина речIчIана 60 сонил ригьалда вугев чиясда, гьев гьеб бакIалдаго къада­ралде щвана.

 

 

Араб гьатIан къоялъ, Гъая­кент районалда ккараб ДТПялда­ги гIумруялдаса ватIалъана цо ва лъукъана лъабго чи.

 

ЛъагIалил байбихьудаса жакъа къоялде щвезегIан республикаялда ккун буго 625-ялдасаги цIикIкIун ДТП, 140-ялдаса цIикIкIун чи хун вуго, лъукъун больницаялде ккара­зул къадар бахана 850-ялде.

 

 

Рулалда нахъа ругел гIолохъаби гьаглъун руго. ГIарцуца ратаниги, чIухIиялъ батаниги, гIаракъиялъ ратаниги. Гьединаб сурат нуже­даги щибаб къоялъ гIадин бихьу­леб батила. ЦIорода кьурди гьабу­лей ясалъ гIадин, чIараб бакIалда жиндаго тIад сверизабула маши­на, квешал гьаркьалги рахъина­рун, хIуртIа босизе сверухълъиги гьабун. Живгоги вукIуна хъала бахъизе щвараб гIадин вохун. Цо цIекIал, гIадан жойиде гьавуларел гьаркьалги рахъинарула.

 

Квешаб гьаракьги бахъинабун кутакаб хелъиялда хъамун уна ма­шина федералиял шагьранухдасан. Гьуридул хехлъиялда уна хъамун, кире гьел гIедегIулел, кида гьеб ццулъараб уммат кантIулеб?

 

 

РФялъул нухазда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъ­алъул республикаялда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Алек­сандр Шалагин, араб соналъ кIиго нухалъниги дандчIвана Динияб идараялъул вакилзабигун. Нухазда гъалмагъир гьабулел гIолохъабазде вагIза-насихIаталъул хабар би­цун гьел кантIизареян гьаригун. Муфти АхIмад-хIажи афандиясги (къ.с), доб соналъ муфтияталъул председательлъун ГIабдула-хIажи Салимовасги абун букIана доб мехалъ, мажгитазда имамзабазги, гьединго нижецаги гьеб тема гьор­кьоб къотIизе толарин, гьелдаса хадубги вагIза-насихIаталъул ка­лам цIикIкIинабизе бугин.

 

Амма насихIаталъухъ гIинтIамулеб гIелищха бугеб рулазда на­хъа.