Рищиял

Бергьаразе щвела смартфонал

 

Къецалда гIахьаллъизе бегьула бокьарав чи

Россиялъул президент вищулеб къоялъ, ай 18 марталда, Дагъистаналъул рищиязул участкабазда тIобитIизе буго «Фото Проджи» абулеб конкурс. Аслияб къагIидаялъ гьеб тIобитIизе буго Буйнакск, ДагъОгни, Избербаш, Каспийск, МахIачхъала, Хасавюрт ва Южно-Сухокумск шагьаразда.
Конкурсалъул хIакъалъулъ бицана «Дагъистан» РИАялда тIобитIараб пресс-конференциялда «Проджи» басмаханаялъул вакил Асил Аджиевалъги, ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул член Дина Бийгишиевалъги блогер Исрапил Исрапиловасги.
Асил Аджиевалъул рагIабазда рекъон, конкурсалда гIахьаллъизе бегьула рищиязде вачIараб бокьараб ригьалъул чи, ва гьес сурат бахъизе ккола «Проджиялъул» хасаб рамкаялдаса пайдаги босун. 20 март щвелалде сурат лъезе ккола социалиял гьиназда ва гьенибго бихьизабизе ккола рищиялъул участок бугеб шагьаралъул цIар, #фотопроджи абун хэштег (масала, #фотопроджи #Махачкала).
Бергьаразе шапакъатал кьезе руго апрелалъул тIоцебесеб къоялъ, МахIачхъалаялда. Бергьенлъи босарав анкьгоясе (щибаб шагьаралдаса цо-цо чи) щола «Apple – iPhone 8» фирмаялъул смартфонал, кIиабилеб бакIалъухъ — Apple iPad Air, лъабабилеб бакIалъухъ – гироскутер.
Дина Бийгишиевалъги бицана ДРялъул ЖамгIияб палатаялъ рахъкколила гьеб конкурсалъул, щайгурелъул жидееги бокьун бугила кIванагIан гIемерал гIолилал рищиялда гIахьаллъизе.
ПалхIасил, конкурсалъул хIакъалъулъ гIатIидго лъазе бокьани, ракке гьаб сайталде: http://photo-prodji.ru/.
Нури Нуриев