Дур «бацIцIалъиго» щиб, хъахIилаб Каспий?

Экологазул гьаракь лъиданиги рагIулеб гьечIо

 

Каспий ралъдалъе щибаб соналъ чвахулеб чорокаб лъел къадар хIаталдаса ун гIемерлъун бугин ахIи бахъинабуна гьал къоязда РФялъ­ул «Росприроднадзоралъул» нухмалъулей Светлана Родионовалъ. Са­найил 850 миллион кубометр чорокаб лъел чвахулеб буго ралъдалъе. Гьелда гьоркьоса 80 миллион кубометр лъел ккола бацIцIад гьабичIеб. ХутIараб — рагIа-ракьанде щун бацIцIалъичIеб.

 

Ралъад соналдаса соналде чорок­лъулеб букIиналъул баян гьабун, Светлана Родионовалъ кагътал хъван руго СКФОялда вугев президентасул вакил Юрий Чайкахъеги, РФялъул ралел бакIазулгун ЖКХялъул ми­нистр Владимир Якушевасухъеги ва ДРялъул нухмалъулев Владимир Ва­сильевасухъеги.

«Каспий ралъдал лъим чорок­лъулеб букIин, ДРялъул экологи­ял гIунгутIабазда гьоркьоб асли­яб бакI кколеб балагьлъун буго. Бищун гIемер гьеб чорок гьабулеб буго ЖКХялъул объектаз, щай­гурелъул, ралъдал рагIалда ран ругел гIемертIалаял минабазул гIемерисезда хIажатханалъул хъуб­лъи чвахулел рогIралги, чорокаб лъим жанисан унел рахъалги гьезе­цин гьечIо, ругелги руго заман баялъ басралъарал, церего хисизе мех щва­рал», — ин хъван буго «Росприрод­надзоралъул» нухмалъулелъ хъвараб кагътида.

 

ТIаса бахъизе я тIаде жуба­зе калам гьечIеб хIакъикъат бу­гин С. Родионовалъ борхараб су­алин бицана «ХIакъикъаталъе» МахIачхъалаялдаса эколог МухIамад Шихшабековас.

— Каспий ралъдал чорокаб лъим унтараб, ссудулеб ругъунлъун лъу­гьаралдаса чанго сон буго. Щибаб соналъ борхула гьеб суал, амма кагъ­тидаса гIумруялде бахъунеб гьечIо. Чан нухалъ нижеца ахIи бахъина­бураб Каспий ралъдалъе чвахулеб хъублъи къотIизабейин, ралъад чо­роклъиялда цадахъ тIиритIулел унтабиги гIемерлъулел ругин абун. Щибго хIасил кколеб гьечIо. Жакъа хIукуматалда цебе хIалтIулеб буго экологиялъул жаваб кьолеб идараги, гьелъул нухмалъулевги, хIалтIухъабиги. Амма лъиенигий­ищха ургъел кколареб нилъеда све­рухъ бугеб тIабигIат чороклъулеб букIиналъул?! Ургъел бугеб батани, щайха нухал ратуларел, шартIал гIуцIуларел экология хвасар гьаби­зе? Гьаваги, лъимги, ракьги чара гьечIого хIажатаб, тIабигIияб нигIмат ккола инсанасул гIумру чIаго букIине, — ян бицана эколог М. Шихшабековас.

 

Гьал къоязда информалатаз къватIибе кьуна, республикаялъул «Роспотребнадзоралъул» хъулухъ­алъ изну кьуни, Каспийскиялъул пляжалда гIадамал чвердезеян. Це­беккун гьебго идараялъ гьукъа-къа­ял лъазарун рукIана гIадамазе гьениб чвердезе. ГIилла – добго, ай ралъад чорокго букIин. Гьанже гьукъа-къа­ял нахъе нахъе рахъулаго, «Роспо­требнадзоралъ» мухIкан гьабичIо ралъдалъ ругел заралиял жалазул къадар, гIадамал чвердезе бегьулеб хIалалдаса цIикIкIунищ ругел яги дагьищ ругелила.

Каспий ралъдалъ чвердезе бегьу­ларин абураб ахIи бахъинабула щи­баб санайил «Роспотребнадзоралъ», амма гIадамал чвердечIого цониги соналъги чIоларо. Дагьаб цебегIанги, полициялъул хIалтIухъабаз нахъе гъолел чвердезе бокьаразул къукъа бихьидал, ракIалде ккун букIана, исана жидерго мурадал рагIалде рахъинаричIого тезе ракIалда би­хьуларин «Роспотребнадзоралдаян». Амма, щаяли, какичури хехго бих­хана гьезул.

 

Гьаб анкьалда Каспий ралъдалъ чвердезе унезде хитIаб гьабуна ре­спубликаялъул муфтияталъул пред­седатель Шамил ГIалихановасги. Гьес бицана халкъалъул гIарзал цIикIкIунел ругин чвердезе рачIунезул тIадагьаб ретIа-къаялда хурхун. Нилъехъе рачIунел гьалбаде­рида цере нилъго намуслъизаричIого гьари бугин, ралъдахъе чверде­зе унаго, цIакъго тIаса борчIараб хIалалда рукIунгейин кIалъана Ш. ГIалиханов.