ГIумруялъул ахирги – больницаялда

56 сонил ригьалде яхине ункъо къо хутIидал, Аллагьасул къадаралде щвана ЦIобокь-Миякьоб росдал больницаялъул бетIерай тохтур Расият МухIамадова (Хасинова).

 

Нилъер республикаялда коронавирусалъ хвалилаб къвал жемарал тIоцересел тохтурзабазул цояй кко­ла гьей.

 

 

Ахираб 30 соналда жаниб жиндир эбелалъул цониги къо букIун батиларин унтаралгун дандчIвачIебилан ракIалде щвезабулеб буго гьелъул вас МухIамадица. Гьевги ккола ЦIобокь-Миякьоб росдал участкаялъулаб больницаялъул терапиялъул отделениялъул заведующий.

 

Эбел къадаралде щун хадуб гьесда тIадкъана больницаялъул бетIерав тохтурасул ишалги.

 

 

Эбелалъул хIакъалъулъ бицун ва доб заманалда букIараб ахIвал-хIалалъул сурат цебе чIезабун, МухIамадилгун гара-чIвари гьабуна нижеца.

 

МухIамад, унтун гIемер мех банищ эбелалъ?

— 6 апрелалда цинтIаго квеш лъугьана гьей (цIа-кан бахун, гIетI бан, гъаргъар щун). Гьеб букIана коронавирусалъ унтарал чагIи Дагъистаналда гьанжего-гьанже тIатине байбихьараб мех. Амма эбелалде коронавирус бахун бати­лин абураб пикру ракIалдего кко­леб букIинчIо нижеда.

 

Гьелдаса нахъе тIокIалъ хIалтIизеги инчIого, рокъой чIана. КъватIие яхъине кIолеб хIалги букIинчIо гьелъул.

 

Амма щиб дару-сабаб гьабу­ниги, мадар лъугьунеб букIинчIо эбелалъе. Цинги гьуърузул сурат бахъизе ячана. Расги лъикIаб хIал батичIо. Гьединлъидал, хехлъи гьабун Гъизилюрт шагьаралъул больницаялде ячана. Ячаниги щиб, тIадеялдаса тIаде квеш лъугьана ва анкьидасан хвана …

 

 

— Гьанже хIалтIизарулел дара­би доб мехалда рукIинчIолъийищ яги гьезул кинал сабаблъилела­ли лъангутIийищ гьелъие гIилла ккараб?

— Долдаса нахъе вирусалдаса сах гьарулел къагIидаби хисана. Амма гьадаб мехалда лъалел рукIанщинал дарабазул киналго гьарунин абизе бе­гьула гьелъие. Гьелда цадахъго Гъизи­люрталъул тохтурзабазги хIалбихьана лъалареб жо гьикъизе Москваялде щвезегIан кIалъазеги, малъа-хъваяз­да хадув МахIачхъалаялде дунгоги щвана лъай камилал тохтурзабахъе. Аллагьасул къадар гьединаб букIун бугоха…

 

Гьанже гурони гьанже мадар лъугьинин эбелалъеян абураб хьул киданиги къотIулароан. Дун тIаде щванщинахъе гьелъги абулаан ма­дар лъугьунеб бугилан.

 

Гьелъ дун гIодове виччазаву­лев вукIаниги, тохтур хIисабалда, дида бичIчIана гьей йорчIизехъин гьечIеблъи. Рокъове аниги минут- минуталдасан рахIатхун лъугьуна­ан, гьанже гуреб гьанже лъалинха рокьукъаб хабарилан вукIунаан.

 

 

Сардилъ зама-заманалдасан ворчIун, хъата-масан телефоналъухъ ба­лагьизе лъугьунаан, ахIарав-тарав чи вугищали.

 

Нахъисеб къоялъ щвана больница­ялде. ЦIакъго рагIалде якIарун ятана эбел.

 

Гьабизе жоги лъаларого, хадув цIидасан рокъове тIад вуссана.

 

 

Чанго сордо-къоялъги макьу тун букIиндал, цо сагIаталъниги бер дан­де бачинилан ккун букIана. БитIун цо сагIаталдасан ворчIана – эбелги гьададин больницаялда тун, кьижи­зе кин дуда кIолебилан дунго дидего вагъизеги лъугьана. Байбихьана ди­даго лъикIилан кканщинал тохтур­забахъе кIалъазе. Киназго цого жо бицунеб букIана.

 

Амма эбелалъе дару гьабулел рукIарал тохтурзабаздехун дир кинабгIаги тIадкIалъай гьечIо. Жи­дехъа бажарарабщинаб гьабуна гьез.

 

Доб букIана кутакалда захIматаб, кисан кумек щвелебали лъиданиги лъалареб заман. ТIадежоялъе, больни­цаялъул хIалтIухъаби жалгоги рукIана унтун. Гьединлъидал, дидацин рукIана дол гьенив хIалтIизе чIаян. Амма, эбел­ги унтун, дида чIун букIараб хIалги би­хьун, кIудияб тIадчIей гьабизеги кIолеб букIинчIо гьезда.

 

МахIачхъалаялде ячинеги бажаричIо гьей, нухда квеш лъугьинилан хIинкъун.

 

 

— Кисандай эбелалде гьеб унти ба­хараб? Ахираб заманалда Дагъистан тун къватIие ун йикIанищ гьей?

— ХIалтIудасан бахун батизе ккола. Амма гьеб мехалда нижер больница­ялда официалияб куцалда тасдикъ гьабураб коронавирус букIинчIо лъилниги. Щибха лъалеб? Дагьал чагIийищ рачIунел тохтурзабахъе? Гьезда гьоркьор рукIун ратизе рес буго унтарал. Байбихьуда гьел те­сталги анализалги лъицаниги кьо­лелги рукIинчIо. Гьединго гьеб букIана дагъистаниял Москваялда­саги улкаялъул цогидал регионаз­дасаги нахъ руссун рачIине лъугьа­раб мехги. Гьединазги босун бачIун букIине рес буго гьеб унти нижер мухъалдеги.

 

Жий бетIерай тохтур йигилан­ги абун, кабинеталда чIолеб гIадат букIинчIо эбелалъул. ТIоцересел къоязго абуна эбелалъ гьаб жо ахир­ги коронавирусгицин гуродайилан. Гьа, гьебгIаги гьанибе щвезегIан кин бачIунеб жойилан гIагардего къазе биччалеб букIинчIо нижецаги.

 

 

— Гьелдаса хадур тIатанищ ну­жер больницаялда «коронаялъ» унтарал?

— Маялъул байбихьуда гьеб тIубанго хисизабуна – гIицIго ковидги пневмонияги бугел чагIи гурони сах гьарулареб куцалда. Гьале анкьалъ цебе бахъана гьеб низам. Ниж гьан­же гIадатияб хIалтIуде руссун руго. «Коронаялъ» унтарал чагIиги гьечIо.

 

БетIерай тохтурлъун тIамизегIан участкаялъулаб терапевтлъи гьабуна эбелалъ (хIалтIизе байбихьана 1990 соналъул августалда). Гьеле гьеб лъеберго соналда жаниб цониги къо букIун батиларо, рокъореги рачIун, нижер эбел унтаразухъе ячун инчIеб. Радакь гьелда хадур рачIараб мехги букIунаан.

 

 

— Гьединаб рахIатхвараб хIалтIи эбелалъул букIинги бихьулаго, ду­цаги гьебго махщел тIаса бищиял­да гIажаиблъизе бачIунеб буго.

— БищичIого щиб гьабилеб, тохтур­забазул тухум бугелъул нижер. Эбе­лалъул эбел – ГIайшат — кIикъогогIан соналъ терапевтлъун хIалтIана. КIудияв эмен Раип кколаан цаби- гIусазул тохтур. Дагъмединститу­талъул стоматологиялъул факультет гIуцIун тIоцере къватIире риччалел студентазул цояв вуго гьев. Эбелалъ­ул рахъалдасан дир яцгIалзабиги тохтурзаби руго.

 

 

— Нагагь эбелалъул бакIалда бетIерав тохтурлъун тасдикъ гьа­вуни, гъолъ гIадин хIалтIи нухда бачине захIмалъизе бугищ дуе?

— БукIине кколеб куцалда гьа­булеб бугони, бокьараб хIалтIи захIмалъула. Амма гъолъ гIадин гьеб нухда бачине лъиданиги кIоларо. Щайгурелъул, сундаго хадуб букIунаан гьелъул тIалабги берги. Щибго цIар-реццги къваригIунароан. Жий цее яхъине гьаюгейила, цохIо гьале гьаб больницаялъул хIалтIи гьабулей тейилан йикIунаан гьей.