Путиница цебе лъураб масъала тIубана

Исана соналъул май моцI букIана цIакъ захIматаб, коронавирусалъ Дагъистанго квегъизе байбихьараб, хIинкъи бугеб заман.

 

15 маялда букIараб телемосталъул бухьеналъул кумекалдалъун, респу­бликаялда бугеб ахIвал-хIалалъул бицун, РФялъул президентасулгун гара-чIвари гьабуна ДРялъул бетIер Владимир Васильевас ва муфти, шайих АхIмад-хIажи афандияс.

 

 

Владимир Путинида гьез бичIчIизабуна Дагъистаналда хIинкъи бугеб ахIвал-хIал букIин, бицана халкъалда рокъоса къватIире рахъунгеян, цоцазухъе хьвадугеян лъазабунинги. Россиялъул президен­тас, гьеб параялъго, улкаялъул обо­ронаялъул министрасда тIадкъана Дагъистаналъе хехаб кумек гьабеян. Министр Сергей Шойгуцаги, цебе лъураб масъала, нахъ тIамичIого тIубазабуна.

 

Гьелъул хIасилалда Болъихъ ва Буйнакскиялда разе байбихьана рагъулал госпиталал. Гьединго, Дер­бенталда, Каспийскиялда ва Хаса­вюрт районалъул Ботаюрт росулъ разе байбихьана гIемеррахъазулал сахлъи цIуниялъул центразе мина­биги. Гьеб кинабго хIалтIиги, цIараб болжалалдасаги цебеккун, ай 30 къоялда жаниб лъугIизабуна.

 

 

26 июналда ралел бакIазул хIалтIухъабазе баркала кьезе Бота­юрталде рачIун рукIана ДРялъул бетIер В. Васильев, РФялъул оборо­наялъул министрасул заместитель Тимур Иванов ва цогидалги.

 

Гьалбадерида дандчIвай гьабуна Хасавюрт районалъул бетIер Жамбу­лат Салавовас ва райбольницаялъул бетIерай тохтуралъул ишал тIуралей, Дагъистаналъул мустахIикъай тох­тур Кавсарат ШугIайбовалъ.

 

 

Гьезда цадахъ гьалбадерица хал гьабуна сахлъи цIуниялъул цен­тралъухъ, щвана щибаб кабинеталде, балагьана гIолел-гIоларел рахъазухъ.

 

Республикаялъул бетIерас раз­илъи загьир гьабуна бихьаралдаса ва ракI-ракIалъулаб баркала кьуна рагъулал ралел бакIазул командаялъе.

 

 

Гьединабго пикру загьир гьабу­на 30 июналда президент В. Пути­нилгун букIараб телемосталдасан кIалъалаго К. ШугIайбовалъги.

 

«ХIурматияв Владимир Владими­рович! ТIоцебесеб иргаялда, бокьун буго ракIракIалъулаб баркала дуе загьир гьабизе. Дур кьучIаб рагIиялъ квербакъана цIараб болжалалда­са моцIалъ цебеккун, гIадамал сах гьаризе хIажатал алаталги жанир лъун, сах гьариялъул центр Хаса­вюрт районалъул Ботаюрт росулъ рагьиялъе. Гьелдаго цадахъ, абичIого гIоларо, рагьун буго гьанибго 16 ун­тарасе бакI бугеб реанимациялъул отделениеги.

 

 

ГIемеррахъазулаб сах гьари­ялъул централъул хаслъилъун дица рикIкIуна, кибго гьечIеб гIадаб ПЦР – лаборатория букIинги. Гьединаб ла­бараториялъ рес кьезе буго мухIканго унтарасул цIехрех гьабизе.

 

ХIурматияв президент! Цоги ну­халда баркала буго дуе, тIоцебесеб иргаялда дирго, хадуб тIолабго Ха­савюрт райбольницаялъул коллекти­валъул, Дагъистаналъул халкъазул рахъалдасан.

 

 

Хасавюрт районалъул Ботаюрт росулъ бараб ва хIалтIизе бич­чараб центр хIадурго буго унта­рал къабул гьаризе», — ян бицана К. ШугIайбовалъ.