Токалъул цIиял тадбирчагIи

ТIоцебесеб июлалдаса байбихьун, нилъер республикаялда ток бикьу­леб идаралъун букIине буго ПАО «Россети Северный Кавказ» абураб гIуцIи.

Гьедин бицана 30 июналда журналистазулгун букIараб дандчIваялда гьеб идараялъул генералияв директор Виталий Ивановас.

 

МахIачхъалаялъул Ирчи Хъазахъил къотIноб бугеб «Жак» абураб бизнес-отелалде ракIарун рукIана республикаялъулгун федералиял ин­формагентствабазул ва телеканала­зул вакилзаби.

ГьанжелъизегIан гьеб масъала тIубазабулел рукIарал «Дагестан­ская энергосбытовая компания» ва «Дагестанская сетевая компания» абурал гIуцIабиги журазарун, цо идара гьабун буго.

«Россети Северного Кавказа» «Дагэнерго» гIуцIиялъул филиалал­де гъорлъе бачун буго.

Цо росода нахъа кIиго

богогьан рекъоларо

 

ГIезегIан гIадатго кIалъалев чи ву­гоан Виталий Иванов.

Гьоркьо-гьоркьоб махсаро-хочIги речIчIизабун, бицунеб букIана гьес тIадехун рехсарал, ток бикьа- къотIулел гIуцIабазул цохIо идара­ги гьабун, «Россети» гIуцIиялъул филиаллъун гьеб гьабиялъе ккараб гIиллаялъул.

«Цоцада гьоркьоб конкуренцияги бугеб кIудияб кIиго идара буго­ни, кидакъадги гьезда гьоркьоб дандеккунгутIи загьирлъичIого рес букIунаро. Гьединал дандеккунгутIиял загьирлъана «Дагестанская энергос­бытовая» ва «Дагестанская сетевая» компаниязда гьоркьорги.

Нужеда лъалеб батила, ток бикьакъотIиялда жанир ккарал гIунгутIаби сабаблъун гIемерал бадирчIваял щун рукIана гьезие. ХIатта, гьезул цоцо жавабиял хIалтIухъабазда тIад уголовниял делаби рагьарал хIужабиги ккана. Гьезул хал гьаби жегихарги халат бахъунеб буго. Гьединлъидал хIукму ккана гIунгутIабиги дагьлъизари­зе, гIадамазул гIарзалги гьоркьор къотIизаризе, кIиязулго хъулухъ лъугIараблъунги лъазабун, гьезул бакIалда цо саламатаб гIуцIи гьа­бизе. Гьеб ккола нужер республика­ялъул хIукуматалъул даражаялда къотIараб хIукму», — ян абуна Вита­лий Ивановас.

Амма гьес журналистазе баян гьабуна идарабиги цоцалъ жура­зарун, цо гIуцIи гьабуниги, гье­зул хIалтIухъаби къварид гьаризе гьечIилан.

«Щивниги хIалтIудаса нахъе витIун, ялъуни харжалдаса махIрум гьавун, гьев рекIекълъизавизе къотIараб хIукму гуро гьеб. Киналго ругелъурго тезе руго. Харжалги цIикIкIинаризе руго. Къваридго ни­жеда аскIоса щивниги инев вати­ларо», — ян абуна цIияб идараялъул нухмалъулес.

 

 

Хиса-басиязул гьогьен ва анищал

2019 соналда гьединалго хиса- басияз Чачан Республикаялда кьу­раб лъикIаб хIасилалъул мисалалги рехсана гьес. Мисалалъе, бухIараб токалъухъ гIарац бакIариялъул, ЖКХялъул суалал мухъде рачIинаризе ва цогидалги масъалаби роцIцIинаризе кIвеялъул.

«Дида ракIалде ккола гьединалго лъикIал хIасилал нужер республи­каялдаги рукIинин кватIичIого, — ян ракIчIун абуна гьес журналистазда. — Гьелъие ресал ругищилан гьикъани, руго».

ЦIияб гIуцIиялъул бищун церечIарал масъалабазул цояб ккола бухIараб токалъухъ ккараб налъи дагь гьаби. Виталий Ивановас би­цухъе, гIемерал соназ данде бакIарун, гьеб налъул кIудияб къадар гIун буго.

Журналистаз кьураб тIоцебесеб суалги гьел налъулазда хурхараб букIана. Мисалалъе, 2019 соналъул июналде халкъалъул 90 процентал­де гIагарун чияс токалъухъ гIарац кьун букIараблъи бихьизабулеб буго статистикаялъ. Гьединлъидал исана гьеб къадар кигIан бугебин гьикъана Ивановасда.

Гьес жаваб кьуна гьеб гIарац исана июнь моцIалде халкъалъул 62 про­центалъ кьун бугилан: «БичIчIулеб буго, пандемиялъул заманалда рокъ­ор чIезе ккун, киназулго рес рекъон батиларо бухIараб токалъухъ гIарац жиндир заманалда кьезе».

 

 

Токалъул бичIчIицин гьечIез

щулаго ккун бугеб хъулухъ

Гьединго Виталий Ивановас кIвар буссинабураб хIужалъун ккана нилъер республикаялда ток бикьа- къотIулел идарабазул жавабиял хъу­лухъазда ругел гIадамазул махща­лил даражаялъул суалги.

«ГIамм гьабун босани, гьезул 80 проценталъул гьечIо энергетика­ялъул хъулухъалда хIалтIулев чия­се хIажатаб базовияб лъай. Гьезул гIемерисел руго экономистал ялъуни юристазул махщалие цIалулел рукIарал чагIи. Амма цо лъил бугони­ги кумекалъулаб кверги чIван, тока­зул гIуцIиялда жавабияб хъулухъги щун, хIалтIулеб ххвел гьабулел руго гьел. ТIадегIанаб техникияб универ­ситеталъул бицинего бицинарин, гIадатияб энергетиказул колледж лъугIарав чиясе щолеб лъайцин гьечIо гьезул. Гьеб мехалъ суал бачIунеб буго, сундуе къваригIун ругел гьел? БакIал хинлъизарулелха. Гьединаз­даса нижерго идараби рацIцIад гьа­ризеги байбихьизе буго», — ян бицана Ивановас.

 

 

Налъул къадар боргьунеб буго

Журналистаз борхана нилъер ре­спубликаялъ Северияб Кавказалъул «Россетазе» кьезе кколеб налъул суалги. ГIаммаб къагIидаялъ гьеб кколеб буго 42 млрд. гъурущ. Гьезда гьоркьоса анлъго миллиард гъурущ ккола гIадатиял гIадамазул налъи, хутIараб — юридикиял гIуцIабазниги магIишаталъул бутIабазниги кьезе кколеб къарзалъул гIарац.

Гьединал гIарац кьоларел налъу­лазда хурхун кинал тадбирал нужеца гьаризе ругелин гьикъана дица Вита­лий Ивановасда. ГIемерав чиясдаса рагIизе бегьула щибаб моцIалъ ми­скинчияс гIарац кьолеб букIаниги, чIахIи-чIахIиял магIишаталъул бутIабаз лъагIалабаз кьечIого та­раб гIарац сабаблъун гьезие кколеб ракIбакъваялъул. ЧIахIиял налъулал сабаблъун, пакъираб халкъ хутIула чанги токги гьечIого.

Гьеб суалаллъе гьадинаб жаваб кьуна «Россеталъул» жавабияс.

«Гьединал чагIазда хурхун гьару­лел тадбирал цIар-цIарккун рехсезе рес гьечIо дир, — илан бицана Вита­лий Ивановас. — Дица гьелъие жаваб кьела гIадатияб куцалда.

БухIараб токалъухъ гIарац кьо­ларев чиясдехун кинал тIалабал рукIунел? Нижеца цин гьесда лъазабула дуда хадуб гьадигIан налъи бугин, хадубги гьес щибни­ги гIамал гьабичIеб мехалъ, дагьаб кьварун лъазабула гIарац кьечIони, ток къотIизабизе бугилан. Гьеб ме­халъги гьес сан гьабичIони, ток къотIизабула. Цинги налъулас щиб гьабулеб? Гьес тIаса бищула кIиго нух: ялъуни гIарац кьола, яги гъо­динго «гIандал хва, гIурус хва» абун чIола.

Гьес нух балагьула къанунги хвезабун, жиндиего ток бачIунеб къагIида батизе. Гьединазда хур­хун нижер тадбиралги кьварарал рукIине руго. Нижеда ракIалда буго щивав чиясул рукъалда хадуб хал ккун бажарулел аппаратал лъезе. ХIалбихьиялъул мурадалда гьеди­наб 18 000 аппарат лъун хIалбихьун букIана исана. Компьютералда на­хъаги рукIун нижеда кIола пуланав налъуласул рокъобе ток свинаби­зе. Къойида жаниб 50 нухалъ ток къотIидал, гьес пикру гьабизе буго, рачIа, дица киса балагьунги 100, 200, ялъуни 500 гъурущги бала­гьун, дирго налъи тIаса бихьизаби­лин абун.

Амма гьединал тадбирал гьариги нижее расги хираго чIезе гьечIо».