Конституциялда хиса-басиял: лъикIищ, квешищ?

КватIичIого РФялъул Конституциялда гьаризе ругел хисабасиязда бан, цоцо дагъистанияз гьадинал пикраби загьир гьаруна «ХIакъикъат» газеталъе.

 

 

«Путинидаса лъикIав

чи вихьулев гьечIо»

МухIамад РАМАЗАНОВ, юрист, ННТ телеканалалъул ведущий:

-Лъица щиб бицаниги, дица рахъ ккола гьел хиса-басиязул. Гьезул багьанаги батун, президентасул болжал халалъизабизе къваригIин кколин гьелъул магIнаян чIун руго цо-цо чагIи. Амма гьедин гьабуниги­цин, Владимир Путинидаса лъикIав чи дида гьабсагIаталда гьеб бакIалда вихьулев гьечIо.

 

Улкаялда кколеб бокьараб мекълъи-тIекълъи президентас­да хурхинабулеб буго гьез. Дир хIисабалда, гьеб ккола гьезул поли­тикияб лъай гьечIолъи.

 

 

БукIаниги, бакI-бакIазда жиде­его бокьа-бокьараб гьабулеб буго нухмалъулезги. КигIан лъикIал тIалабал президентас цере лъуни­ги, гьел кIалагъоркье чIвазаризе хIалбихьиялги гьарулел ругелъул. Масала, коронавирусалда дан­де къеркьолел медиказе бичча­раб гIарцуе хIакимзабаз гьарулел рукIарал хIарамал ишал рихьичIищ?

 

Киназдаго бадиб къан буго пре­зидентасул болжалалъе бихьиза­бураб анлъго сон. Амма цогидал жал цIадирабазда лъуни… Масала, гIемерал жал руго 1993 соналдаса хадур раккарал ва конституциялъул федералиял законазулъе росарал. ГIемерисел жал Конституциялде гьениса росун руго. Гьединлъидал гьеб (Конституция) гьанже лъутIа-къотIун, цойиде бачун, жакъасеб гIумруялде данде ккезабун буго.

 

 

Гьединго Конституциялда цIар бахъулеб буго ТIадегIанасул хIакъалъулъги. ГIадада бахъулеб цIар гуро гьеб. Хадурккун гьелда хурхун ха­сал актал яги законал рахъизеги рес буго.

 

Дие асар гьабуна гIолилазулъ рухIияб рахъ куцазе ккеялъул бицу­неб пункталъги. 1993 соналда къа­бул гьабураб Конституциялда абуни гьеб букIинчIо.

 

 

ГIурус мацI пачалихъияблъун би­хьизабураб пункталда тIасан рагIизе бегьула цо-цоязул разилъи гьечIолъи.

 

ГьанжелъагIан букIараб Консти­туциялда хъван буго гIурус мацI РФялъул пачалихъияб мацI кколи­лан. Лъиениги гьелъул ургъелги букIинчIо. Гьанже абуни тIаде жу­балеб буго гьеб мацI кколин РФялда гьоркьоре унел ихтиярал ращадаб, гIемермиллатазул союзалъул пача­лихъ гIуцIараб халкъалъул мацIилан.

 

 

Россиялда ругел халкъазул мацIаздехун бугеб адабги бихьиза­бун буго гьениб. Амма гьел лъазари­зе тIадаллъун гьарулел рукIаралани, дида квешцин букIинаан. Щайин абуни, дир рахьдал мацI лъазабизе тIадаблъун щай лъицаниги гьабизе кколеб? ГIурус мацI нилъее цоца­зулгун бухьенал гьаризе, хIалтIуе ва цогидалъе хIажалъулеб бугелъул. БатIаго щибаб регионалъе изну кьечIогойищ бугеб гIурус мацIалдаго цадахъ аслияллъун жиде-жидер мацIал рилълъанхъизаризеги? Маса­ла, Чачаналда гьабула гурищ гьедин.

 

Гьединго, жавабиял хъулухъаз­да ругел чагIазе къватIисел пача­лихъазда гIарац цIунизе, доба мал-мулк босизе гьукъулеб букIинги квешищ бугеб? Интернеталдани гьерсал тIиритIизарулел руго хиса-басиязулъа гьеб пункт нахъе босун рагIулиланги абун. Кутакаб пропа­ганда хIалтIулеб буго данде.

 

 

Цо жинсалъул чагIаз (однополые браки – ред.) хъизанал гIуцIизе гьукъ­араб закон гьанже Конституциял­деги босулеб букIунилан дандечIей буго. Гьадингоги лъалеб жо гьенибе босиялъул магIна щибдила? МагIна буго. Конституциялда хъвани, гьеб хисуларо. Законлъун тани, депутатаз бокьараб къоялъ хисизабула гьеб.

 

Интернеталда гIемерлъун руго гьадинал фейкалги – бихьуларищди­ла президентас жиндирго кверщел щулалъизабулеб бугила киналго су­диялги жинцаго тIамун. Гьелда бо­жулелги руго. Амма гьанжелъагIанги гьедин гурищ гьел толел рукIарал?

 

Дие цебегоялдаса рекIее гIолареб жо букIана халкъазда гьоркьосел за­конал миллияздаса тIадегIан гьари. Гьанже гьеб рахъалъги хиса-баси гьабулеб буго.

 

 

 

«Олигархазе гурел, гIадатияб хал­къалъе пайдаялъе ургъарал ратаги»

Алексей ХIАЖИЕВ, МахIачхъалаялъул аэропорталъул хIалтIухъан:

-ГьанжелъагIан букIараб Консти­туция къабул гьабуралдаса гIезегIан сонал ана, улкаги гIемерго хиса­на. Гьединлъидал, хIажалъи ккана Конституция хисизабизе. Гьел щай къваригIарал жалин, гьабин-до­билан харбал рицунел чагIи руго аскIоре гIагарунцин гьеб иш лъа­ларел, жидеего политикиял очкаби щвезелъун хIаял гьарулел гIадамал. Гьезде щвезегIан гьел хиса-басиязул жаваб кьун букIуна гIезегIан гъор­лъе раккун, киналго рахъал лъаза­рурал специалистаз. Гьединлъидал халкъалъ, улкаялъул гражданал хIисабалда, къабул гьабизе ккола тIалъиялъ хIадурараб документ.

 

Гьединго, нилъер хьул буго гьел хиса-басиял олигархазе гурел, гIадатияб халкъалъе пайдаялъе ур­гъарал ратиялде.

 

 

 

«Депутатазе гIарац дагьлъизабе»

ГIабдурахIман АДУХIОВ, МахIачхъалаялда чIарав ЧIарада районалдаса чи:

-Дида гьикъулеб букIарабани, Конституциялда гьадинал хиса-ба­сиял гьаризе кколин абилаан дица: РФялъул Пачалихъалъул Думаялъул депутатазе моцIрое щолеб харж ба­щалъизабулебани анцIго МРОТалда (гIумру гьабизе моцIрое хIажалъулеб гIарцул бищун гIодобегIанаб къа­дар). Гьеб букIинаан гIемерав чи раз­ияб хIукму.

 

Мисалалъе, гьасагIат гьеб МРОТ буго 12 500 гъурущ. 10 МРОТ кко­ла 125 азарго гъурущ. Регионалиял депутатазе бегьилаан щуго МРО­Талъул къадар. Гьеб цо. КIиабизе, 451 депутат вуго жакъа Пачалихъияб Думаялда. Амма гьелгощи­нал рукIунилан, гьезул бугеб пайда щиб? Щай бегьулареб 300 чиясде щвезегIан гьезул къадар дагь гьаби­зе? КумекчагIигун цадахъ рикIкIараб мехалъ, гьезул къадар 2500 чиясде бахунеб буго.

 

 

Халкъалъул ихтиярал цIунулел вакилзаби абун цIарги чIван руго гьел. Кинал ихтияралха гьез захIматхалкъалъул цIунулел ругел? 150 чиясдалъун гьел дагь гьаруни, чан гъурущ тIокI гьабизе кIолеб бугеба­ли хIисаб гьабе?

 

Ясли-ахазе, лъималазул рокъобе, школазде щай гьеб гIарац биччазе бегьулареб? Гьелда тIад щай гьел ур­гъуларел?

 

 

 

«Америкаялъул тIадкъаялдалъун хъвараб Конституция букIана»

ГIабдулвахIид ЛАБАЗАНОВ, Гъизилюрт шагьаралъул газеталъул бетIерав редактор:

-Конституциялда хиса-басиял гьа­ризе кколеблъи хIакъаб жо буго. Ель­цинил заманалда Верховный Советги щущахъ биххизабун, Америкаялъул асаралда гъоркь хъвараб жо буго гьеб. Гьелъ кIудияб хиса-басиги гьабичIо гIумрудулъ, щайин абуни, цин гьа­нире кIанцIун, цинги доре кIанцIун гIадин рихьизарун руго гьенир цо-цо суалал. Масала, нилъеца торт гьабу­леб мехалда гьелда гъорлъе журалел нигIматал – кремги, ханжуги, пу­драги – батIа-батIаго рихьизарулел гIадинабго жо буго гьелъулги.

 

Амма КПРФалъ кьураб 15 пикру­ялда гьоркьоса лъабго пикру гурони къабул гьабичIо гьанже Конституци­ялда хиса-басиял гьаризе гIуцIараб хасаб комиссиялъ. ГIадатияб хал­къалъе гIезегIан пайдаял жал рукIана гьенир.

 

 

Масала, олигархазухъ бугеб газалъулгун нартил ва цогидаб магIишаталда тIабигIиял бечелъа­баздаги хъвачIого, цIи-цIиял налогал ургъулел руго чиновниказ. Комму­нистаз рикIкIуна, нилъерго хIукумат цебетIезе ккани, гьедин гьабизе бе­гьуларин, гьеб гIадатияб халкъалда хъатIизе бугилан.

 

Гьелъие жаваб кьолаго, цо-цо ми­нистраз байбихьана баян гьабизе со­циалияб кIваралъе гIарац региона­лиябгун федералияб бюджеталдаса биччазе, гьединго социалияб рахъ­алде гьетIи бугел бизнесменаздаса бакIаризе бугила.

 

Конституциялда хиса-басиял гьарун хадуб гьеб бакIлъи регионалияб бюджеталда тIад баччун хутIилародайин абураб хIинкъиги буго.