Данделъаби

МацIазул жавгьараздаса гIуцIараб халкъ

 

Рахьдал мацIазул байрамкъо кIодо гьабуна ДГУялъул филологияб факультеталдаги

Гьениб гIуцIун букIараб данделъи­ялъул гIахьалчагIаз бицана къадар дагьал халкъазул мацIазул бугеб хIалалъул хIакъалъулъ. Данделъиялда рихьизаруна агул ва цахур мацIазда рахъарал цIиял тIахьалги.
ДГУялъул рахьдал мацIал малъиялъул централъул директор Марина ХIасановалъул пикруялда, байрамкъо тIобитIанилан абун, рахьдал мацIал малъиялъул рахъалъ ругел масъалаби тIуразаризе бигьалъулеб гьечIо. «Хасго хIалуцун буго къадар дагьал халкъазул мацIал цIуниялъул масъала. Гъоркьиса, ДРялъул Миллияб политикаялъул министерствоялъул бихьизабиялда рекъон, гIуцIана рахьдал мацIал малъиялъул центр. Гьелъул тIоцебесеб данделъиялда бицана хъвай-хъвагIай гьечIел мацIазул масъалабазул хIакъалъулъ. Жакъа гьоркьор лъолел руго къадар дагьал халкъазул мацIазул масъалаби», — ян абуна гьелъ.
ДГУялъул филологияб факультеталъул декан Шабан Мазанаевас кIварбуссинабуна миллатал гIемераб Дагъистаналда щибаб халкъалъул мацIалъул ращадал ихтиярал рукIине ккеялде. «Щивасе бокьула рахьдал мацI. Цояб мацI цогидаб мацIалдаса тIадегIанаблъун гьабуни, халкъазул гьудуллъи жагъаллъизе бегьула. Нилъ цоцада ричIчIизе квербакъулеб, нилъе­р халкъал цолъизарулеб мацIлъун буго гIурус мацI. Гьебги дагъистаниязулги мацIал ращадго церетIезаризе ресал кьеялъулъ буго Дагъистаналъул цебетIеялъе нух», — ан абуна деканас.
«Дагъистан буго гьитIинабго Россия – гьедин абизе бегьула, республикаялда гIумру гьабулел халкъазул къадарги хIисабалде босун. Гьаниб гIасрабаз гьудуллъи-вацлъиялда гIумру гьабулеб буго батIи-батIиял мацIазулги диназулги вакилзабаз. Данделъиялда церелъурал цIиял тIахьаз нилъее нугIлъи гьабула, къадар дагьал халкъазул мацIал цIуниялъе республикаялъул нухмалъиялъ кIваркьолеб букIиналъе», — ян пикру загьир гьабуна данделъиялда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Фикрет Ражабовас.

Щивасда тIадаб борч

Данделъиялдаса хадуб филфакалда тIобитIана миллияб маданияталъул байрам. Гьеб рагьана Шабан Мазанаевас. «МацI буго щибаб халкъалъул маданият цIунулеб багьа хирияб жавгьар. Нилъеда щивасда тIадаб буго рахьдал мацI цIунизе, гьеб рокъоб лъималаздаги школалда цIалдохъабаздаги малъизе. Дир ракI бохула, рахьдал мацI цIунизеги цебетIезабизеги бажари бугел преподавателал факультеталда рукIиналдаса. Гьез гIолохъанаб гIелалъухъе кьолеб буго гIагараб маданияталде рокьиги рахьдал мацI цIунизе шавкъги. Гьезул нух тIасабищарал гIолилал рукIинги ккола нилъер талихIлъун», — ан бицана гьес.
Мазанаевас хIурматалъул грамотаби кьуна вузазда гьоркьор тIоритIарал рахьдал мацIалъулги адабияталъулги олимпиадабазда чIел босарал студентазе.
Гьелдаса хадуб студентаз цIалана Кавказалъул халкъазул мацIазда хъварал кучIдул.

Аваразул калам…
Дагъистаналъул лъайкьей цебетIезабиялъул институталда тIобитIана кучIдул цIалиялъул къец

Исана къец гIуцIана микьабилеб нухалда. Институталде рачIун рукIана 50 районалдаса 400-ялдаса цIикIкIун цIалдохъанги гьезул учительзабиги. Гьел ккола 11 классалъул цIалдохъаби.
Гьез цIалана Расул ХIамза­то­ва­сулги, Фазу ГIалиева­лъулги, Залму Батировалъулги, ГIумарла Батирайилги, Йирчи Хъазахъилги, цогидал шагIирзабазулги асарал. Цо-цо цIал­дохъабаз кучIдул ахIулелги рукIана. Цо-цояз хIадурун букIана кочIол музыкалиябгун кьурдул композиция. ЦIалдохъабазул гьунаралъе къимат кьуна жюриялъ. Къецазул хIасилалда пасихIго кечI цIализе гьунар бугевлъун рикIкIана Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалъул цIалдохъан Мурад АбутIалимов. КIиабилеб бакIалъе мустахIикълъана: ГIусман Чупалаев, Буйнакск шагьаралъул №6 школа, Муи Шамилова (ЦIумада райо­налъул Гьигьалъ росдал гьоркьохъе­б школа), Чакар ГIалибегова (Гумбет районалъул МелъелтIа росдал гьоркьохъеб школа). Лъабабилеб бакI щвана: АхIмад ГIисалгIумаровасе (Гъуниб районалъул Сугъралъ росдал гьоркьохъеб школа), ПатIимат Хъарачуевалъе (ЦОДОУ ЗОЖ, Красносельская росдал гьоркьохъеб школа), Хадижат МухIамадовалъе (Унсоколо росдал гьоркьохъеб школа).

Кавсарат Сулейманова