Нахъеги гIорхъидул суал

Гьал къоязда нахъеги хабар ккана Гумбет районалдасан унеб Чачан республикаялъулгун гIорхъода тIасан.

 

Абулеб букIана рачIун гьенирегун чачаназ жидерго бакI бихьизабулел игIланал чIван ратанилан. Гьелъ цIидасан хъуй бахъана интернеталда. Цо-цояз гьеб хабар миллатчилъиялдецин сверизабизехъин букIана.

 

Амма Гумбет районалдасан щва­раб баяналда рекъон, игIланал гурел, гьадинго тIилал чIван рукIун руго гьенир. Гьанже нахъе рахъунги руго.

Районалъул бетIерасул заместитель Малик Маликовас «ХIакъикъаталъе» бицана интернетал­да хъвалеб куцалда хIалуцунги гьечIила гьеб суалалда сверухъ ахIвал-хIал, гьабсагIаталда кIиябго республикаялъул нухмалъулез тIубазабулебги бугила гьеб.

 

Бицен гьабулеб гIурхъи буго мелъелтIисез гIи-боцIи кваназабулеб мегIер-гIалахалда.

Гьеб росулъа гIадамаз газеталъе кьураб баяналда рекъон, гьениб буго 160 гектар. Гьединлъидал, гIорхъи чIван хадуб, жал гьел ракьаздаса махIрумлъилин абураб хIинкъи буго гIадамазул.

 

Умумузул заманалдасанго цин жидеца, цин чачаназ хIалтIизарулел ракьал рукIанин гьелиланги тасдикъ гьабуна мелъелтIисез. Амма кида­ниги кIиябго миллаталда гьоркьоб дагIбаги ккун букIинчIила ракьазда хурхун.

Гьеб суалалда тIасан 3 июналда инстаграмалда хъвай-хъвагIай гьабу­на ЧРялъул парламенталъул спикер МухIамад Давудовас. Жидее чияр ракьал хIажат гьечIинги абулаго, гьес бичIчIизабулеб буго гьеб ракь жидер букIиналъе нугIлъи гьабулел, советияб заманалдаго рахъарал кар­таби ругиланги.

 

МухIамад Давудовас ДРялъул нухмалъулев Владимир Василье­васде хитIаб гьабуна, рачIайин, нилъ гIорхъабазул суалалде тIад руссинеянги.