Наккдалъ бахчун варани тIубачIо

Дагъистаналъе коронавирусалъ гьабураб зарал борцун бажарулеб ро­ценго батиларо. Пандемия байбихьаралдаса нахъе РФялъул президен­тас хасаб данделъи тIобитIизегIан ДРялъул официалияб статистикаял­да ругел баяназда гIажаиблъизе бачIунаан. Хварал гIадамазул къадар бихьизабулеб букIана цIакъго дагь. Гьайгьай, гьел баяназда божизе рес букIинчIо, щайгурелъул вацапалда ругел курсцоязул къокъабазда щибаб къойил бицунеб букIана жиде-жидер росабалъ ккарал камиязул хIакъалъулъ. Гьел тIатIала журараб мехалда кколеб букIана официали­яб баяналдаса гIемерго цIикIкIараб къадар.

 

 

18 маялда, ай Путинилгун видео- данделъи тIобитIараб къоялда, бица­на республикаялда унтун вугин 3460 чи ва 29 унтарав хун вугин абун. Фе­дералияб даражаялдаго ахIи бахъа­раб мехалда республикаялде ритIун рачIана машгьурал клиникабазда­са тохтурзаби. Гьезул бетIерлъуда йикIана Фтизиатриялъулгун раху­нел унтабазул федералияб централъул нухмалъулей Ирина Трагира. Дербенталъул больницабазда бугеб ахIвал-хIалалъул хал гьабун хадуб тIобитIараб данделъиялда гьелъ за­гьир гьабуна официалиял баянал хIакъикъиял ратиялде щаклъи. «Ре­спубликаялда гIолел гьечIо коронави­русалъ унтаразе хIажатал дараби. Гьел рикьула тIолабго Россиялда – официалияб статистикаги унта­рал хвеялъул хIужабиги кьочIое ро­сун. Официалиял баяназда рекъон, COVID-19 сабаблъун Дагъистаналда хун вуго гIицIго 36 чи. Гьебго зама­налда, официалиял гурел баяназда рекъон, пневмониялъул хIасилалда хун вуго 820 чи. ТIадегIанаб даража­ялъул дарабиги гьечIого, унтаразе кумек гьабизе захIмалъула, гьеб ба­жаруларо. ХIакъикъияб статисти­ка загьир гьабичIони, нужее дараби щвезе гьечIо», — ян бицана гьелъ.

 

Гьелдаса хадуб байбихьана Дагъ­истаналъул хIакъалъулъ федералиял СМИяздаса бицине. Республикаял­де щвана машгьурал журналистал, гьез хъвана макъалаби ва рахъана видео-репортажал. ХIакъикъиязде гIагарлъизе байбихьана статистики­ял баяналги. Масала, 30 маялде ун­таразул къадар бахана 4830-ялде ва хваразул — 226-ялде. Амма гьел ба­яназдецин божизе бачIунаро. Щай­гурелъул унти хъинтIичIеб росу яги шагьар хутIичIо. Рокъор регун сах­лъарал яги Аллагьасул къадаралде щварал дагъистаниял хIисабалде ро­суларо. Гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго «Эти цифры меня ужаснули» абураб макъалаялда «Медузаялъул» мухбир Владимир Севриновскиясги.

 

 

Журналист щун вуго Дербентал­деги, МахIачхъалаялдеги, Хьарга­бивеги; дандчIван вуго шагьаразул администрациязул вакилзабигун, «Инсан» абураб рахIмуялъул фон­далъул нухмалъигун, хварал тохтур­забазул гIагарлъигун.

 

 

Дербенталда

Севриновскияс хъвалеб буго: «Маялъул бащалъуда Дербенталъ­ул мэр Хизри Абакаровас ДРялъул бетIер Владимир Васильевасухъе хъвана коронавирусалъ унтаразул бугеб хIакъикъат рагьараб кагъат. Гьенир рехсарал баянал рукIана офи­циалияб статистикаялдаса тIубанго батIиял», — абун.

 

Унтаразул къадар мухIкан гьаби­ялъул мурадалда, Дербенталъул нух­малъиялъ гьезул хIакъалъулъ баянал тIалаб гьарун руго муниципалите­тазул идарабазухъа (щибаб муници­палитеталда вугев хIалтIухъанасул хIисаб гьабуни, гьезул къадар бахуна лъабазарго чиясде), диниял идараба­зухъа (мажгитаздеги, синагогаялде­ги, килисаялдеги рачIунел рукIарал ва гьанже рачIунел ругел гIадамазул хIисабги гьабун). Гьел баянал данде рехараб мехалда, 150 азаргоялдаса цIикIкIун чияс гIумру гьабулеб Дер­бенталда унтун ватана 9-10 азарго­ниги чи. 2020 соналъул апрелалдаги маялъул тIоцебесеб бащалъиялдаги пневмониялъул хIасилалда хвана 134 чи (официалиял баянал: пневмони­ялъ — 50 ва COVID-19 — кIиго). Гъор­кьиса 1-15 маялда хехаб кумек ахIун буго 1368 нухалда, исана — 2245 чия­сухъе. Гьезда гьоркьоса 331 чиясулъ батун буго пневмония ва 538 — ОРВИ.

 

 

«Гьанже дагьлъун руго больница­ялде рачIунел унтарал. ГIемерлъана сахлъун рокъоре унел гIадамалги. Эркенлъарал бакIазда нижеца реги­зарула районаздаса рачун рачIарал ва захIматго унтарал гIадамал», — ан бицана Республикаялъул Хехаб кумекалъул больницаялъул бетIерав тохтур МухIамад ИмангIалиевас.

 

Хьаргаби

Бищун гIемер унтарал ругеб район ккола Хьаргаби. В. Севриновскияс бицунеб буго гьениб бугеб хIалалъул хIакъалъулъ. Хасаб бакI макъала­ялда кьун буго коронавирусалъул хIасилалда къадаралде щварай рент­ген-лаборант Аминат Мажидовалъул хъизамалъе.

 

ТIоцебесеб классалде хьваду­лев Багьавудин ккола Аминат Ма­жидовалъул бищун гьитIинав вас. Гьесда жеги бицинчIо эбел тIокIалъ ячIунареблъи. «Аминатие гьитIинго бокьун букIана тохтурлъун яхъи­не. Амма кумек гьабизе ккана эмен­ги гьечIого хъизам хьихьулей эбе­лалъе. Гьелъие бокьулаан жиндирго хIалтIи. Дица гьелда абулеб букIана, больничныйги босун, рокъой чIаян. ГIадамазда ракIалде ккезе бугила жий хIинкъун йигилан жаваб кьуна дие гьелъ», — илан бицана Аминатил бетIергьанчияс.

 

 

«Кинабго байбихьана 11 апрелал­да. Рахунел унтабазул отделениялде ячун ячIана нижерго поликлиника­ялъул заведующая. 16 апрелалда тах­шагьаралъул больницаялде йитIана гьей нижеца. 23 апрелалда гьей хвана гьений. Гьеб заманалде больницаялде рачIине байбихьана гIемерал унта­рал — сордо-къоялда жанив вачIунаан 15-17 чи. Больница хIадур букIинчIо гьел къабул гьаризе. Республикаялъул сахлъи цIуниялъул министрасул бу­юрухъалда рекъон, нижеца гIуцIизе кколаан 40 унтарасе бакI бугеб об­сервациялъул отделение. Гьенир регизаризе кколаан кIиго анкьалъ рокъор чIезе санагIат гьечIел унти­ялде щаклъи бугел гIадамал. Унта­рал ритIизехъин рукIана Буйнакски­ялъул больницаялде. Гьениве витIана лъабго чи, цогидал районаздасаги унтарал рачIунел рукIана ва гьенир тIокIалъ къабул гьаричIо гьел.

 

Гьеб мехалда дица терапиялда ра­гьана рахунел унтабазул госпиталь. Неврологиялда регизаруна ковидалде щаклъи бугел унтарал, хирургиялда гьабуна реанимация, хIалтIизаруна районалъул росабалъ ругел больница­биги. Гьедин нижеца гьабуна 170 ун­тарасе бакI. ГIолел рукIинчIо дара­би, унти ккеялдаса цIунизе рес кьолел костюмал нижеда рихьун рукIана гIицIго суратазда. РукIана чумаял­де данде къеркьолаго тIад ретIунел халгIатал, респираторазул бакIалда — цо нухалда гурони хIалтIизаризе бегьуларел тIеренал маскаби. Хадуб­ккун дица коллективалда чанго гъат бугел рукъеян гьарана», — ян бицана Хьаргаби районалъул больницаялъул бетIерав тохтур МухIамад Аба­каровас.

 

 

«20-21 апрелалдаса нахъе гIемерлъулел рукIана унтарал. БукIинчIо компьютерияб томограф. Киналго рачIунаан больницаялде — унтарал­ги сахалги. Щивасе бокьун букIана флюорография гьабизе — байбихьа­на унго-унгояб психоз. Къваридаб жанахIалда вакIарулаан 30-40 чи. Щивасе къваригIунаан тIоцебесеб иргаялда жиндир гIагарав чиясул — эбелалъул, яц-вацасул хал гьабизе», — ян бицана бетIерав тохтурас.

 

ХIалтIул ахирисеб кIиго анкьалъ Аминат Мажидовалъ хал гьабуна 1400-ниги чиясул. Гьезда гьоркьо­са 127 чиясул чIезабуна пневмония — жеги мухIканаб диагноз лъезе рес кьолеб хIал букIинчIо больницаялда.

 

 

Больницаялда гIадлу-низам гьабизеги унтаразе бажарараб кумекалъеги рахъана хьергебдерил гIолилал-волонтерал. Реанимациялъул кIалтIа эхетун руго кисло­родалъул баллонал. Гьезда аскIор хIухьбахъулел руго добровольцалги. «Гьанив вегун вукIана 130 унтарав, къогоялдаса цIикIкIун — захIматаб хIалалда вугев. БукIана гIицIго ун­къо баллон. Тохтурзабаз гьарана дарабиги кислородги балагьизе ку­мек гьабеян абун. Нижеца социали­ял гьиназдаса хитIаб гьабуна дагъ­истаниязде, республикагун улка тун къватIирехун ругел ракьцоязде, ку­мек гьабеян абун. Гьеб кумекалъухъ росана тохтурзаби цIунулел костю­малги, дарабиги, кислородги. Дагъи­станалъул Муфтияталъ больница­ялъе гьабуна щунусазарго гъурщил кумек, бецIана кванил нигIматазухъ гIадамаз тукаде кьезе букIараб налъи. ГIолохъаби хIалтIана медбра­тал гIадин — гьез унтарасухъе щве­забулаан 70 килоялъул бакIлъи бугел кислородалъул баллонал. МоцIгIан заманалда жанив росулъ хвана лъе­бергоялдаса цIикIкIун чи — лъагIелалъ холаан гьедигIанасев чи», — ян бицана волонтеразул нухмалъулев Жават­хан ХIусеновас.

 

 

Роспотребнадзоралъул баяназ­да рекъон, 31 маялде 22 азарго чияс гIумру гьабулеб Хьаргаби районалда хвана микьго чи. М. Абакаровас би­царалда рекъон, районалда унтана 407 чи (гьезда гьоркьоса 18 — тохтур), COVID-19 чIезабуна 22 унтарасулъ ва хвана 23 чи. Амма хьергебдерица абулеб буго жеги гIемер унтанин­ги хванинги. «80 проценталдаса дагь ккечIо коронавирусалъ унта­разул къадар. Щибаб хъизамалда хъинтIана гьеб унти — росулъ щибго балъго гьабун бажаруларо. ГIадамаз жидецаго гьабуна дару-сабаб, хIалтIизаруна халкъияб тохтурлъи­ялъул малъа-хъваялги», — ян бицана волонтер Мажидица.

 

Гьесул пикруялда тIад рекъана бетIерав тохтурги. «Больницаялде рачIунаан гIицIго захIматго унта­рал. ТIадагьаб формаялда унтарал­ги гIемер ратила. МухIканаб хIисаб лъицаниги гьабичIо», — ян бицана гьес.

 

 

16 маялда журналистасул суа­лалъе жаваб кьолаго, ДРялъул Сах­лъи цIуниялъул министрас абуна, COVID-19 сабаблъун 40-ялдаса цIикIкIун тохтур камунилан респу­бликаялъе — официалияб статисти­каялда рукIарал баяназдаса гIемер ккола гьеб. ХIакъикъиял хIужаби рахчиялъул гIилла бичIчIуларо. Аминат Мажидовалъул букIана 44 сон. Бесдаллъана гьелъул ункъо лъи­мер.

Коронавирус къуваталда бугеб заманалда кIодолъана щибаб рос­дал хабзал. Аллагьас мунагьал чу­раги нилъер хваразул ва гьезул гIагарлъиялъе, бесдаллъарал лъима­лазе, лъималаздаса ратIалъарал уму­музе кьеги сахлъи.