Баркала, АхIмад афанди, сахлъи кьеги дуе!

18 маялда РФялъул президент Владимир Путиница видеоконферен­ция тIобитIана нилъер республикаялъул нухмалъигун. Гьединго гьелда гIахьаллъана муфтий АхIмадХIажи афандиги. Республикаялда лъу­гьун бугеб захIматаб ахIвалхIалалда тIасан хабар ккана гьениб. КIвар бугел суалалги рорхана.

РагIирагIиккун гьениб бицарабщинаб жо жакъа газеталдасан кье­ялъул магIна бихьуларо. Гьелъул нусго батIияб свери гьабун кьуна теле­эфираздасан, интернеталъ ва социалиял гьиназги.

 

 

Къокъ гьабун республикаялъул бетIер Владимир Васильевас бицана коронавирусалде данде регионалда гьабулеб бугеб хIалтIул ва абуна республикаялъе цIакъ хIажат буги­ла инфекциялъулаб госпиталь базе. Парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовас гьениб гьоркьоб речIчIизабуна 1999 сон, дагъиста­ниязда ракIалда бугила мун Болъ­ихъе вачIун вукIараб мех, гьез дур цIар адабалда рехсолилан. Амма бищунго кIвар бугеблъун гьес рех­сана Конституциялда хиса-басиял гьариялъул суал, гьеб нахъе бахъ­ун тогейиланги гьарана Владимир Путинида, республикаялъул халкъ цIакъ балагьун чIун бугила гьеб къо тIаде щвеялъухъ.

КIудияб талихI кканилан аби­зе бегьула гьеб тадбиралда респу­бликаялъул муфтий АхIмад-ХIажи афандияс гIахьаллъи гьаби.

 

 

Улкаялъул нухмалъулесе нилъ­ер гьаниб бугеб захIматаб ахIвал- хIалалъул, халкъалъул къварилъи­ялъул, гIолеб гьечIеб дару-сабабалъул рагьун баян кьуна гьес.

Унтудехун цо-цоязул тIаса- масагояб бербалагьи бугилан, халкъ рехун тезе бегьуларилан бичIчIизабуна гьес президентасда.

 

 

Владимир Путиница, баркалаги кьун, сахлъигун парахалъиги гьа­рана муфтиясе, гьесул цIарги рех­сон. Амма гIурус мацIалда гуреб, бацIцIадаб магIарул мацIалда абуна — АхIмад афандийилан.

Президентас гьеб данделъи тIобитIун нахъисел къояз гьелъул хIасилалги загьирлъизе байби­хьана. Республикаялда киса-кире­го дезинфекциялъулал тадбирал тIоритIизе Ростовалдасагун Брян­скиялдаса МЧСалъул кIудияб къокъа тIаде щвана. Гьединго, РФялъул оборонаялъул министра­сул заместитель Тимур Ивановас­ги бухьана сапар нилъехъе. Гьезул хIалтIухъабаз 200 чиясе бакI бугеб инфекционнияб центр базе буго ре­спубликаялда.

 

 

 

Президентасда бугеб хIакъикъат бихьичIого рес букIинчIо

«Черновик» газеталъул поли­тикияв обозреватель МухIамад МухIамадов:

«Владимир Путиница республи­каялда бугеб ахIвал-хIалалде кIвар кьеялдасан бихьулеб буго регио­налда коронавирусалде данде гьа­булеб хIалтIи гIодобегIанаб дара­жаялда букIин. ЗахIматго унтун ругезул ва рекIкIаб гIузруялъ рецун ралел гIадамазул хIакъалъулъ гьор­кьоса къотIичIого социалиял гьи­наз хъвалеб мехалъ, гьелде кIвар буссинабичIого рес букIинчIо пре­зидентасул.

Бугеб ахIвал-хIалгун къеркьезе Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул гьечIеб бажари бихьун, гIадамаз гIемераб ахIи бахъинабуна интер­неталдасан. Сахлъи цIуниялъул министр хIалтIудаса вахъи тIалаб гьабун, РФялъул сахлъи цIуниялъул министрасулги президентасулги цIаразда кагътал хъвана республикаялъул жамгIиял церехъабазги. Гье­динлъидал хIажалъи ккана кинаб букIаниги хIукму къотIизе.

 

 

Муфтияс президентасе баян гьабуна республикаялда бугеб хIакъикъияб ахIвал-хIалалъул сурат. Гьеб гIемеразда лъалеб, баянаб букIаниги, президентасда абулев чи къваригIун вукIана ва АхIмад-ХIажи афандияс чIванкъотIун рагьана х1акъикъат ул­каялъул нухмалъулесе.

Хизри ШихсагIидовас абуна жиндиего абизе бокьараб куцалда. Гьаниб щибниги я тIаде жубазе, я тIаса бахъизе жо гьечIин ккола. Социалиял гьиназ кколеб къимат кьуна гьесул кIалъаялъе. Гьелъ, тIоцебесеб иргаялда, живго Хизри ШихсагIидовасул къадру-къиматал­де рагIадги рехизабуна.

 

 

Президентас гIадамазул рекIелъ рекъолел хIужаби рехсана гьеб дан­делъиялда. Абуна гIадамал сах гьа­ризе госпиталь базе ва гIарцудалъун кумек гьабизе бугиланги».

 

 

 

«Дун Васильев цIунулев гуро, амма…»

ЖамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиев:

«Республикаялда бугеб гIадатияб гуреб ахIал-хIалги бихьун, нилъ­ер гьанибе кIвар буссинабуна Владимир Путиница. Гьеб лъикIаб хIужалъун рехсезе бегьила. Амма квешго нечана Хизри ШихсагIидовасул кIалъай рагIараб ме­халъ.

 

РекIее гIечIо гьадинаб захIматаб ахIвал-хIал республикаялда букIиналъе гIайиб тIоцебе гIадамазда бугилан абиги. ЧIванкъотIун, кьварун щайха тIалаб гьабичIеб гIадамаздаса цIодорлъи? Бичча-бихъан тана гIадлу-низамалъул иш, гьелъ нилъ­ги рачана гьабсагIат бугеб ахIвал- хIалалде.

Амма дица рахъ кколаро Васильев нахъе ине кколин кIанцIолезулги. КIочон тезе бегьуларо 20-25 соналъ кин нилъер республика букIарабали. Гьаниб кинабгIаги къанун букIинчIо хIалтIулеб, къанун жидерго хъатикь ккун букIана хъачагъазги рекетаз­ги. Щибаб районалда, щибаб мухъ­алда гIуцIун букIана гьез жидерго ханлъи. Гьезул рахIму гьечIолъи, ритIухълъи лъалареб тIалъи хIехьон нилъги рукIана. Дун гьабсагIат Ва­сильев цIунун кIалъалев чи гуро, амма кIочон тезе бегьуларо нилъго рукIараб даражаги».