ГIайиб бугин абун, халкъ рехун тоге

18 маялда РФялъул президент Владимир Путиница тIобитIараб видео-конференциялда бицана Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. Видео-бухьеналда гIахьаллъана РФялъул сахлъи цIуниялъул министр Миха­ил Мурашкоги, РФялъул бетIерай санитарияй тохтур Анна Попо­ваги, ДРялъул муфти АхIмад-хIажи-афанди ГIабдулаевги, ДРялъул бетIер Владимир Васильевги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовги.

 

Коронавирусалъул инфекция тIибитIиялда бан, Дагъистанал­да захIматаб хIал бугинги абун, Владимир Путиница ракIалде щвезабуна кIалбиччанкъоялъул байрам тIаде щолеб букIинги. «Дие бокьилаан, гьеб байрамал­де хIадурлъулаго, халкъалъ цIодорлъи гьабуни. Динияб идара­ялъги гIадамазде ахIи балеб буго, байрам рокъобго тIобитIеян, гIагарлъиялъухъе, гьудулгьал­магълъиялъухъе гьеб къоялъ хьва­дугеян, гIидалъул как рокъобго бай­илан, сайгъатал ракIаризе лъимал ритIугеян абун. Хьулги буго гьеб ахIиялъухъ Дагъистаналъул бусур­бабаз гIинтIамилин абураб.

 

 

Коронавирусалъул балагь тIаса унеб бугин ккола, амма гьеб рахъалъ Дагъистаналда жеги захIматаб хIал буго.

 

ГIадамаз ахIи балеб буго, хIажатаб къадаралда ва заманалда медицинаялъул кумек щунгутIиялда бан. Гьелдаго цадахъ, экспертаз абулеб буго, унтараб мехалда, рокъобго дарусабаб гьабизеянги лъугьун, тох­турзабазухъе заманалда унел гьечIин гIадамалин абунги. ГIенеккулел гьечIо рокъоса къватIире рахъунгеян балеб ахIиялъухъги.

 

Жакъа дие бокьун буго хIакъикъияб ахIвалхIал рагIизе», ян бицана президентас.

 

 

 

Баркала кумекалъухъ

Республикаялда бугеб хIалалъул хIакъалъулъ бицана Владимир Васильевас. Гьес баркала кьуна муфтияталъе рузманалдаса инкар гьа­бизе ккелин абураб пикруялъул рахъ ккуралъухъги рокъоса къватIире рахъине бегьулареблъи хал­къалда бичIчIизабизе гьабураб хIаракаталъухъги.

 

-Баркала буго федералияб цен­тралъ гьабураб хехаб кумекалъухъ­ги. Нижее щвана 210 чиясе бакI бу­геб палаткабазул центр. Кумекалъе битIун бачIана махщелчагIазул кIиго бригада. РФялъул сахлъи цIуниялъул министрасул замести­тель Гридневасул нухмалъиял­да гъоркь республикаялде бачIун букIана тохтурзабазул къокъа, — ан бицана республикаялъул бетIерас.

 

 

Бицана гьес дарабаздалъун хье­зариялъулги, президентас бихьи­забураб къадаралда тохтурзабазе гIарац щвезабизелъун прокурату­раялъ гьабулеб бугеб хIалтIулги, тохтурзаби цIуниялъе хIажатаб хасаб ратIлилги ва цогидалъулги хIакъалъулъ.

Социалиял гьиназдасан бицунеб букIана гIадамал хвеялъул хIужаби рахчулел ругин абун. Гьелда бан В. Васильевас гьадин абуна: «Щиб гIиллаги ккун чи хваравали мухIкан гьабула жаназаялъул жанисел луг­базул халги гьабун. Гьедин гьаби­зе ихтияр кьоларо дагъистаниязул лъабго проценталъ гурони. Кинха чIезабилеб, коронавирусалъищ ун­тун вукIарав пуланав чи яги цо­гидаб унтиялъищ гьев нилъедаса ватIалъаравали? 2018 соналда гьуърузул унтаби сабаблъун респу­бликаялда хвана 1374 чи, 2019 со­налда – 1368 чи. Бищунго хIинкъи цIикIкIараблъун батана ХОБЛ (хро­нический обструктивный бронхит легких). Гьуърузулъ гьеб унти ккарав чиясеги цIакъ захIмалъула хIухьел цIазе», – ян. Гьес гьарана Дагъиста­налда инфекциязул госпиталь базе кумек гьабеянги.

 

 

Хьул буго ТIадегIанасул гурхIел-рахIмуялде

Данделъиялда кIалъана ДРялъул муфти АхIмад-афандиги. Республикаялъул гIузрабазде кьолеб кIваралъухъ улкаялъул президентасе баркалаги загьир гьабун, гьадин би­цана муфтияс:

 

-ГьабсагIаталда Дагъистанал­да буго цIакъго захIматаб ахIвал-хIал. МугIрузул росабалъ руго гIицIго гIисибикъинаб унти ккарал чагIазе кумекалъе рес бугел медпунктал. Коронавирусалъул пандемия бай­бихьилалде захIматго унтарал гIадамал кидаго ритIулаан райо­назул яги шагьаразул больницабаз­де. ГьабсагIаталда гьечIо гьединаб рес, кисакирго больницаби кьабун цIун руго унтараз. Гьединлъидал холел руго гIемерал гIадамал. Ста­тистикиял баяназда рекъон, хун вуго анкьнусгоялдасаги цIикIкIун чи, хвана кIикъоялда анцIгониги ме­дицинаялъул хIалтIухъан. Гьеб къа­дарги цIикIкIунеб буго къойидаса къойиде. ГIадамал махIрумлъана хIалтIудасаги.

 

 

 

Абизе бокьун буго: статистика­ялъ хIисабалде росулел руго гIицIго больницабазда хварал гIадамал. Ун­туца кIвекIун, рокъорго къадаралде щварал рукъулел руго, гIадаталда рекъон, ва гьезул хIисаб гьабулеб гьечIо лъицаниги.

 

Жеги унтиялъ квелъ бачIел яги унтун рахъарал муфтияталъул хIалтIухъаби хьвадулел руго Дагъ­истаналъул росабалъегун шагьа­разде ва гьабулеб буго гIадамазе бичIчIикьеялъулаб хIалтIи. Гьезго щвезарулел руго ресукъал хъизамазе кванил нигIматалги, дарабиги, кис­лородалъул аппараталги – гьеб ки­набго гьабулеб буго сахаватчагIазул кумекалдалъун. БитIараб буго: абизе бегьула, гIемер чи унтиялъе гIайибияллъун жалго гIадамал кко­лин абунги. Гьайгьай, щивас гуро бачIинахъего кIвар кьураб гьеб ба­лагьалде: цоял божичIо, цогидаз­да ракIалде ккана гьеб жидеда хъинтIиларин абун. Амма, дир пикру­ялда рекъон, гIадамал тохлъанинги абун, гьел кумекалдаса махIрум гьари битIараб гьечIо. Гьаб заманалда ни­жер хьул буго ТIадегIанасул гурхIел-рахIмуялдеги дуца Дагъистан рехун тунгутIиялдеги. Гьайгьай, дудаго лъикI лъала, сундалъун кумек гьаби­лебали.

 

 

 

Цоги нухалда такрар гьабила. Дица щибаб къоялъ ритIула дирго хIалтIухъаби кумек гьарун ахIи ба­леб Дагъистаналъул щибаб районал­де, гьединлъидал бугеб ахIвалхIалги дида цIакъ лъикI лъала. ГIадамал махIрумлъана хIалтIудаса, гье­динлъидал нижеца бецIула кванил нигIматазул тукабаздаги аптекабаз­даги бугеб гьезул налъи. Амма гьеб буго цIакъго мукъсанаб кумек. Асли­яб масъала буго гIадамазул сахлъи­гун гIумру цIуни. ХIалтIизе рахъарал тохтурзаби жалгоги унтана, бакI-бакIазда гьел гIолелго гьечIо гIадамазе дарусабаб гьабизе. Дида лъала, мехмехалъ тIолабго отделениялъе цо тохтурас гьабулеб буго дару, гьеб буго цIакъ захIматаб иш. Цебесеб кьерда хIалтIулел руго къадруял ва бахIарчиял тохтурзаби, амма дида кIоларо, хIалтIуде рахъинчIел тох­турзабазде гIайиб гьабизеги.

 

Гьелъие буго кIиго гIилла. ТIоцебе абуни, жалго унтилин хIинкъи. Щай­гурелъул, гьеб унтудаса сах гьару­лел хасал централ цIакъ дагь руго. МагIарухъеги шагьаразул больни­цабаздеги заманалда щвезаричIо унтиялдаса цIуниялъе квербакъулел алатал. Гьел гьечIого хIалтIулел тохтурзаби хвеялъул хIинкъи букIана. Гьединлъидалин нилъ цоцо тохтурзабаздасаги ратIалъарал.

 

 

 

КIиабизе абуни, тохтурзабазулъ гьечIо метерисеб къоялде божилъи, жидее кьезе кколеб харж щвеялде ракIчIей.

 

ХIурматияв Владимир Владими­рович, гьарула, кIвар буссинабе Дагъистаналде, -ян.

 

 

Рокъор чIунгутIиялъул хIасил

ГIадамал унтиялъул рахъалъ би­щунго хIалуцарал къояллъун Анна Поповалъ рехсана 15-22 апрельги 23 апрелалдаса 5-6 маялде щвезегIан къоялги.

 

-20 апрелалдаса нахъе Дагъи­станалда хIалтIулеб буго Чумаялде данде къеркьолеб Ставрополалъ­ул гIелмиял цIехрехазул институ­талъул хасаб бригада. Тохтурасухъе хитIаб гьабилелдего пневмониялъги унтун, захIматаб хIалалда боль­ницаялде рачIунел гIадамазул къа­дар бахуна 60 проценталде (цо­гидал регионазда – 20 процент). Дагьал руго пневмониялъул хасият загьирлъичIого унтулелги: РФялда 45 процент батани, Дагъистаналда – гIицIго 25 процент.

 

 

Унтаразда гьоркьоса 30 процент ккола ригь арал гIадамал ва 10 про­цент – лъимал. Гьелъие аслияб гIилла буго рокъор чIунгутIи. Тестаздалъун хал гьабулаго, Россиялда тIатунеб буго 1012 процент унтаразул, Дагъ­истаналда – 35 процент. Гьелъ тас­дикъ гьабула республикаялда вирус жеги къуваталда букIин, -ян бицана гьелъ.

 

 

 

Данделъиялда В. Путиница кьу­на хехаб заманалда тIуразаризе кколел тIадкъаял.

 

  1. РФялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялда лъазабуна да­рабаздалъунги, медицинаялъул хIалтIухъабаздалъунги, хIажатал алатаздалъунги республика хьезабе­ян.

 

  1. Роспотребнадзоралда тIад къа­на эпидемия цIилъунгутIиялъул мурадалда, гьоркьоса къотIулареб халгьаби букIинабейин Дагъиста­налдаян абун.

 

  1. МЧСалда лъазабуна респу­бликаялъул социалиялги сахлъи цIуниялъулги идарабазда, гIемерал чагIи ракIарулел объектазда санита­риял тадбирал тIоритIеян.

 

 

Данделъиялъул ахиралда прези­дентас абуна:

 

-ХIурматиял дагъистаниял! Дида ракIалда буго 2003 соналъул сентябралда кIудияв шагIир Ра­сул ХIамзатовасулгун букIараб дандчIвай ва гьесул рагIаби. «Дагъистаналъул талихIалъеги цебетIеялъеги аслияб къагIидаялда хIажалъула гьелъул цолъи, халкъал рикьрикьунгутIи. Цогояб хъизан­лъун хутIи», ян абуна гьес.

 

 

Дида лъала, Дагъистаналда гIасрабаз цIунана ва цIунулеб буго гьудуллъиялъе ритIухълъи, яхI-намус, бахIарчилъи, цоцазе хIалае рахъин, чIахIиязул адаб гьаби. Гьел гIадатал цIуниялъ дагъистаниязе рес кьуна КIудияб ВатIанияб рагъул заманалдаги 1999 соналда жидерго улбул, лъимал, росдал хараби цIунизе, халкъазда гьоркьосел террори­стазул къокъабазе мустахIикъаб дандечIей гIуцIизе. Гьелдаса нахъе дир рекIелъ даимлъана Дагъиста­налде хасаб асар. Нилъер цадахъаб хIаракаталдалъун Дагъистаналда чIезабуна ракълилаб гIумру. Цадахъ байбихьана ва хадубккунги гIуцIизе буго республикаялда церечIарал эко­номикиялгун социалиял масъалаби тIуразариялъе квербакъулел тадби­рал.

 

ГьабсагIаталдаги нилъер цадахъ­ал ишазда, щивав дагъистаниясул хIаракаталда, нужер къо хIехьеялда, жавабчилъиялда, тохтурзабазулги махщелчагIазулги малъахъваязда рекъон хьвадиялда бараб буго эпи­демиялъукьа Дагъистан эркен гьаби­ялъул суал. Дие бокьун буго нужеда лъазабизе: гьанже Дагъистангун букIине буго тIолабго Россия. Гьаб бигьаяб гуреб заманалда нилъ ца­дахъ рукIина. Ва гьедин букIине буго кидаго.