Унтаразул къадар лъабазариде бахана

11 маялда Владимир Пути­ница цIияб хитIаб гьабуна хал­къалде. Гьесул кIалъаялдаса ас­лияб хIасиллъун босизе бегьула хIалтIуларел къоязул болжал лъугIанин улкаялдаян президентас аби. Амма эпидемиялде данде гьабулеб къеркьей лъугIун гьечIин тIадеги жубана гьес. Ре­гионалъул нухмалъулезухъе жи­дехъего кьолеб бугин ихтияр, бакIалда бугеб ахIвал-хIалалдеги балагьун рокъор чIеялъул низам халат бахъинабизеянги лъазабуна.

 

Нахъисеб къоялъ, ай 12 маялда Владимир Васильевас лъазабуна республикаялда карантиналъул низам халат бахъинабулеб буги­лан. Амма кидаялде щвезегIан гьеб халат бахъине бугебали мухIкан гьабичIо. Гьелъул магIна ккола гьеб гIузру къезабун кида бажаризе бу­гебали жеги лъалеб гьечIин абураб. БитIарабги буго. Гьеб лъалев чи цохIо тIад вугев БетIергьан вуго. Амма Васильевас абуна гIадамал рокъор чIеялъ лъикIал хIасилал кьунилан. АхIвал-хIал цIакъго хIалуцун гьечIин абураб магIна бичIчIана гьесул харбидасанги. Гьелдаго цадахъ унтаразул къадарги цIикIкIунеб бугин абуна респу­бликаялъул бетIерас.

 

14 маялде ругел баяназда рекъон, коронавирусалъ унтаразул къадар нилъер республикаялда бахун буго 3095 чиясде. Сахлъун вуго 1050 чи, къадаралде щун вуго 26-яв.

ГIузруялъ кIал бачIеб цониги районги гьечIин абизе бегьула. ГIицIго МухIарамкент районалде щун гьечIин гьеб гIузруйилан хъва­леб буго информациялъул алатаз.

 

Нижеца газеталъул цересел но­меразда хъван букIана унтаразул рахъалъ нилъер республика, улкаялъул регионазда гьоркьоб щу­абилеб бакIалда бугилан. Жакъа къоялдеги гьеб сияхI абизегIанасеб къадаралъ хисун гьечIо. Корона­вирусалда хурхун, Дагъистанал­да лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъ рахIат хвезабун бугин жидерилан мукIурлъана республикаялде са­пар гьабурал Россиялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул хIалтIухъабиги.

14 маялда республикааял­де вачIана РФялъул сахлъи цIуниялъул министрасул замести­тель Олег Гриднев. Гьадин квешаб хIал Дагъистаналда букIиналъе гIайибияллъун гьес рехсана, рокъ­ор чIечIого, гIадлу хвезабурал гIадамал. Амма гьеб гьедин букIин, гьес бицинчIониги, лъалеб букIана нилъедаги.

 

Херавин-бахIаравин, унтуца щивго тIаса вищулев гьечIо. Цоги­дал сах гьарулаго, жалго унтун къа­даралде щвана къогогIанасев меди­цинаялъул хIалтIухъан.

Халкъ свакан буго. Свакан буго ахир бихьулареб «рукъалъул туснахъалдасаги», карантиналъул низам хвезабулел чIухIухъабаздасаги, рохел гьечIел цIиял харбаздасаги.

Киназулго рахIат хвезабураб суал буго кида республикаялда па­рахалъи лъугьине бугебин абураб?

 

Жеги цудунго буго гIодоре риччазе

Сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабаз абулеб буго карантиналъул низам нахъе бахъизе жеги цудунго буги­лан.

— 15-гIанасев чи вуго жакъа нижер больницаялда вегун, — илан бицана Гумбет райбольницаялъул эпидеми­олог Сулейманов Апандица. — Цо чи хвана, кIигоял сахлъун рокъоре риччанги рукIана. АхIвал-хIал жеги лъикIаб гьечIо, унтаразул къадар гIодобе кколеб гьечIо. Гьединлъи­дал, цIуна-къаялъул тадбирал гьа­ризе ккола. Иш гьадин букIинароан, гIадамаз жиндир заманалда нижеца абураб гIадахъ босун букIарабани. Гьединабго пикру буго цогидал районаздаса сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабазулги.

 

Цин БацIада, гьанже Гъуниб райбольницаялда хIалтIизе кка­рав Гьонодаса фельдшер Абакаров МухIамадгIарипица гьадин бица­на гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул.

 

КIалалъ бокьараб бицуна

— ГьабсагIаталда хIинкъизе ккараб хIал гьечIо, амма унтарал цIикIкIана Гъунир, больницаялда регаразул къадарги дагьаб гьечIо. Районалъул киналго росабалъе гIузру щун буго. Амма гьаниб дагьаб баян гьабизе ккола, тIатинабураб коронавирус бугилан тасдикъ гьавурав унтарав жакъа Гъунив гьечIо, унтун руго цогидаб гIузруялъ. Гьебги кко­ла вирусалъулаб пневмония. Гьеб кIиялдаго гьоркьоб батIалъи букIин лъазе ккола.

Хас гьабун веццулев вугин ракIалде ккезеги бегьула цо-цоязда, амма бокьун буго абизе, дагьаб цебе райбольницаялъул бетIерав тохтурлъун цIияв чи вачIин цIакъ лъикI кканилан. Гьес гIемераб хIалтIи гьабуна ва гьабулебги буго гьеб гIузруялде данде. Гье­сул хIаракаталдалъун больница­ялъе хIажатаб къайи-цIаги, да­ру-сабабги чIезабун буго гIураб къадаралда. Хьул буго сахлъаралги гIемерлъун, больницаялъул палата­би чIороголъилин абураб.

 

Дир квешго ццим бахъун буго жакъа, авалалдаго гьеб унту­да божизеги инкар гьабун, гIузру тIибитIиялъе квербакъарал чагIазда. Гьезул тасамахIлъи сабаб­лъун, чан нухалъ рокъор чIайилан гьараниги, гIинтIамичIо гьез. Росу тун къватIире ана, гIадамалгун дандчIвана ва хIасилалда гIага- божарал унтизаруна. ЧIанда бугин гьеб, жидеда унтарав вихьизавейин гаргадулел рукIарал «диваналъул экспертаз» бачана гьалде халкъ».

Гьединго, кIалбиччанкъоялда хурхунги, республикаялъул Динияб идараялъ лъазабуна, унти гIодобцун гьечIелъул, гIидалъул къоялъ цоцада тIаде-гъоркье инчIого чIайиланги.