БукIинчIеб лъикI, ккараб квеш

28 апрелалда улкаялъул нухмалъулев Владимир Путиница лъазабуна хIалтIуларел къоял 12 маялдалъагIан халат рахъинарулел ругилан. РекIкIаб «коронавирусалъ» унтаразул къадар цIикIкIун гурони дагьлъулебги гьечIо.

 

Унтаразул рахъалъ дунялалдаго нилъер улка гьабсагIат буго кIиабилеб бакIалда. Унтаразул къадар сордо-къоялда жаниб г1емерлъулеб буго 10000 чиясдалъун. Россиялъул регионазда гьоркьоб нилъер кIудияб гьечIеб республика буго щуабилеб бакIалда. Унтаразул къадар 2200 чиясдасаги цIикIкIана. Квешаб гIузру шагьаралдаса гочана мугIрузул районаздеги. ХIалуцараб хIал буго Хунзахъ, Унсоколо, Хьаргаби ва цо-цо цогидалги районазда.

 

Амма бищунго квешаб ахIвал-хIал буго МахIачхъалаялда. Шагьаралъул киналго больницаби унтаразул цIун руго. «Коронагун» къеркьезе республикаялъе биччан буго 842 миллион гъурущ. Гьелда чIечIого кумекалъулаб квер бегьулеб буго сахаватчагIазги.

ЧIахIиял регионалги нахъа тун, пашманаб сияхIалъул борхалъуде Дагъистан кIанцIизе ккани, сунца нилъ гьелде рачарал? Кинал ругел аслиял гIиллаби республикаялда гьеб гIузруялъ гъваридго кьалбал риччаялъе?

 

Ургъел гьечIолъи, дуца чIвазе бегьула инсан

МухIамад БисавгIалиев, «Дагъистан» журналалъул редактор:

«Нилъер республикаялда гьеб гIузру гIемерлъиялъе сабаблъун ккана, тIоцебесеб иргаялда, гIадамазул жагьиллъи. Дунялалала лъугьунеб жо бичIчIизе инкар гьабуна гIемерисез. КIиабилебги, федералиябгун республикаялъул тIалъиялде гIадамазул божилъи гьечIолъиялъги рачана гьелде. Гьез бицунеб битIараб жоги мекъаблъун бихьана халкъалда.

КIиабилеб рахъ босани, гIемерав чи вуго жидерго жагьиллъиялъ, Аллагьас нилъее хъвараб гурони бихьуларин чIарал. Амма гьезда лъалеб гьечIо, Аллагьас жидеде тIаде балагь-къварилъи биччалаго, гьеб бичIчIизе гIураб гIакълуги кьун букIин щивасе. Цоцоязда жидее хъвараб къадар бичIчIулеб буго нилъ унтизе хъван ратани унтилин, сахлъизе ратани сахлъилин абураб пикрулъун. Къадаргун гIамал кIиябго цадахъ букIунин абулеб буго исламалдаги. ГIамалги гьабун, бетIерги хIалтIизабун букIарабани, гьаблъиялде иш ккелароан.

Лъабабилеб гьениб бугеб гIилла ккола, нилъер гIемерал гIадаталги, дандеруссиналги рукIин. Европаялдагун цогидал пачалихъазда тагIзияталги, цадахъ ралел рузманалги, бертабиги, цоцада тIаде-гъоркье хьвадиги, нилъер гьаниб гIадин къуваталда гьечIо. Гьелъги квербакъана унти тIибитIиялъе».

 

БахIарчилъиялда аскIоб гIадиллъиги букIине ккола

Заид ГIабдулагъатов, ДНЦялъул архе- ологиялъулгун этнографиялъул институталъул социологиялъул бутIаялъул нухмалъулев:

«ГIемерал соназ республика букIана хIалтIи гьечIезул рахъалъ цебесеб кьерда. Чед-хин­кIалда хадур гIо­лохъаби уна Рос­сиялъул чIахIиял шагьаразде. Гьенир абуни гIемер руго цогидал улкабаздаса рачIарал чагIи. Гьеб коронавирусги гьез босун бачIана нилъер пачалихъалде. Гьезулгун бухьен гьабунщиназ бачIана гьеб Дагъистаналдеги.

КIиабилеб гIилла буго нилъер гIадамал гIадлу-низамалъе мутIигIлъуларел рукIин. Кавказалъул рагъ унеб заманалда цо гIурусас абун буго кутакалда бахIарчияб халкъ бугин Дагъистаналъул, амма гьечIин кинаб букIаниги тадбир, ракIа-рахари. Гьеб гьечIолъи бихьулеб буго жакъаги.

Карантиналъул низам лъазабизеги ва цIуна-къаялъул тадбирал гьаризеги нилъ кватIун ккана. Нилъ гаргадулел ругебгIан заманалда жаниб, балагье Вьетнамалъ гьабураб тадбир бихьизе. Аэропорталда унтарав загьирлъаравго, хех гьабун къватIисан каву рахана гьез ва кинабго къуват буссинабуна улкаялда унти тIибитIичIого букIиналда данде. Гьелъ лъикIаб хIасилги кьуна».

 

 

Агъаз гьечIолъи ва…

МухIамадрасул МухIамадов, биологиялъул гIелмабазул доктор, Россиялъул гIелмабазул академиялъул член-корреспондент:

«Нилъер медицинаялъул жакъа бугеб сурсаталъул хIисаб гьабуни, гьеб гIузругун къеркьезе гIураб бажари гьечIо сахлъи цIуниялъул идарабазул. Гьединго, авалалдаго мекъаб нух тIаса бищана гьеб гIузругун къеркьолагоги. Дир пикруялда, цIакъго захIматго ругелги больницаялде рачун, унтаразул 80 процент сах гьаризе бегьулаан рокъо-рокъореги хьвадун. Гьеб мехалъ унтарал регизаризе бакIги гIелаан, дару-сабабалъулги мукъсанлъи букIинароан?

Гьединго, тIуванго чи рокъов туснахъ гьавиялъулги пайда кIудияб бихьуларо дида. ЦIияб гьава цIазе ралъдахъе тирасверизе щай риччазе бегьуларел гIадамал? Ралъдахъан пулеб гьаваялъ инсанасул сахлъи щула гьабиялъе квербакъулеблъи цебего лъалеб хIакъикъат буго. Гьединал тадбиралги хIисабалде росун рукIаралани, иш роцIцIинеги рес букIана».

 

ХадурагIи

Дунялалъул пачалихъазде дандеккун, нилъер улкаялда хваразул къадар бищун дагьаздаса цояб бугин хъвалеб буго информалатаз. Жакъа къоялде «коронавирусалъ» бищун цIикIкIун чи къадаралде щун вуго СШАялда (71 000). Ахирисел баяназда рекъон, коронаялъ унтаразулги (1, 2 миллион чи), гьелъ гIажалалде рачаразулги рахъалъ СШАялъ дунялалдаго чIел босун буго. КIиабилеб бакIалда буго Великобритания (29500 чи). Бищун цIикIкIун гIадамал холеб рукIараб Италиялда эпидемия гIодобцун буго.