КIицIул гочана, амма…

12 апрелалъ ЦIунтIа районалъул гIадамазе пашманаб асар гьабула. Гьезул умумул Чачаналде гочинарураб къо ккола гьеб.

Гьел гочинариялда хурхараб буюрухъ бахъун букIана 1944 соналъул 9 марталда.

 

Дагъистаналдаса 114 росдал жамагIатал ритIана Чачаналде. Амма, тумазул миллат гурони, депортациялда букIараблъун рикIкIинчIо.

Нус-нус соназ гIумру гьабурал бакIал гIадамазда тезариялъе гIиллалъун советияб нухмалъиялъ бачунеб букIана хъачIал мугIрузда ругел гIадамазе яшав гьабизе захIматго букIин. Гьединлъидал «гьава-бакъ рекъараб, ракь беэнаб» бакIалде ритIана гьез дагъистаниял.

 

Инарилан чIаниги, гьел бергьунелги рукIинчIо. ГIадамал нахъ руссун рачIунаредухъ, рухIулел, риххизарулел рукIана гьезул минаби.

Мокъокъ росу Чачаналде гочинабулеб мехалда Къурбан ГIабдулаевасул гIумрудул микьго сон букIана.

 

Гьесда ракIалда буго годекIаниреги ракIарун, къокъаб заманалда жаниб нужеца росу тезе кколин, районалдаса вачIарав хIакимас гьабураб лъазаби.

Гьедин, хинаб ихдалил къоялъ, хIамуздагун гIачиязда бищунго хIажалъулеб къайиги лъун, къватIире рахъана росуцоял. Амма нухда гIезегIан чиги хвана. Къурбаница бицухъе, кIиго анкь бан буго гьез нухда. Нух бихьизабизе цадахъ витIарав чиги вукIинчIого, кире ине кколелали лъалеб букIун гьечIо гьезда.

Квеш-лъикI мокъокъисел Чачаналде щун руго. Ведено чIун руго гьел. Чачаназул гIезегIан лъикIал минабиги ратун руго гьенир (магIарухъ гьез таразда дандеккун).

 

«Сталинилги советияб хIукуматалъулги буюрухъалда рекъон, нуж Чачаналде гочинарулел ругилан лъазабизе Берих росулъе НКВДялъул хIалтIухъаби рачIиндал, дир кIудияв эмен Харани МухIамад 13 сон барав чи вукIун вуго. Гьелдаса инкар гьабизе лъугьунев чи, рагъул заманалъул тIалабазда рекъон, чIвазе къотIулилан тIадеги жубан буго», — ян бицунеб буго Абакар Мусаевас.

Гьедин, хIамузда, чуязда, гIачиязда цIарагIги, бусен-къайиги, квен-тIехги лъун, гьел гьечIез кодобги ккун, мугъзада гIисинлъималги раччун, росаби тезе ккун руго цезаз.

Берих росулъа чагIаз чачаназул тIоцересел росабалъе щвезе ичIго къо бан буго. Херал чагIиги лъималги ругел хъизамал кIиго анкьидасан гурони щун гьечIо.

 

ТалихIалъ, чачаназул минабахъ цIунтIадерида лъикIаланго нахърател батун буго ролъулги, бакъвараб гьаналгун хIанилги. Аллагьас гьезул хваразул рухIазе щвагийин гьеб, чIаго ругезда тIаде рачIунел балагьал нахъчIвазе сабаблъун ккагиян дугIа гьабулеб букIун буго цезаз чачаназе.

Бокьазухъ гIезегIан гIи-боцIиги букIун буго. Заманалда цезал тIаде щвечIелани, бетIергьабиги цереса ун жалго хутIарал гьел хIайванал цияз, бацIаз кванан лъугIизаризеги рес букIанин бицунаанила Абакарил кIудадаца.

 

«КIудадал кутакалда ракIбакъвала цо чемоданалъул ккараб ракIалде щведал. Гьев гьавилалдего эбелалъул инсуца Тифлисалдаса бачIараб месед-гIарцул цIураб чемодан букIун буго гьеб. Чедел абураб бакIалда гьеб бахчизе витIун вуго эбелалъ гьев (дир кIудада). Амма росуцояздасанищ лъарабали, НКВДялъул хIалтIухъабаз ахIун аскIовегун, бицинабун буго гьесда гьеб. Нахъисеб къоялъ чемодан тIагIун батун буго. Гьедин, буголъиялдасаги махIрумлъун, цIакъ ракIбакъван рукIанила нижер умумул.

Амма дагь-дагьккун кIудада ахихъанлъиялдеги ругьунлъун, пихъалдаса магIишат гьабизе жуван вуго.

 

Эбел-инсуда цадахъ тIоцеве Грозныялде щведал, тIолабго дунял бихьарав гIадин лъугьун вукIанин живилан бицуна кIудадаца. Гьеб мехалда немцазул самолетаздасан рехарал бомбабаз риххизарурал минабазул чIвадналцин берцин рихьулаанила жинда», — ян бицана Абакар Мусаевас, кIудада Харани МухIамадил ракIалдещвеязул.

Хадубги тIаде жубана Абакарица, Чачаналде гочинарун чанго соналдасанги умумузул ватIаналде тIад русине цIунтIадерил гIадамаз гьарунщинал хIалбихьиязул хIакъалъулъ.

 

ГIемерисел балъго унаанила. Риххизарурал жидерго минабазул чIвадназда тIад хъощалги ран гьел ратидал, милициялъ, цIидасан риххизарун гьелгун, Чачаналдего щвезарулаанила гIадамал. Гьедин, цезазда жидерго ракьал цо рахъалдасан гуржияз, цогидаб рахъалдасан магIарул мацI бицунел районаздаса гIадамаз ккун ратулел рукIун руго.

«1952 соналда тIобитIараб жамагIаталъул данделъиялда цезаз хIукму гьабула жиде-жидерго росабалъе нахъ руссине риччаян Сталинида гьаризе. Гьедин, бакIарун гIарацгун, гьезул вакилзаби уна Москваялде. Цин гьез гуржиязул Шилда росулъ лъай бугей гIаданги ялагьун, гьелда машинкаялда кьабизабула Сталинихъе хъвараб кагъат.

 

Кремлялда гьел къабул гьарула СССРалъул Верховный Советалъул председатель Шверникица. Гьес гьезул кагътида тIад «Разрешить!» абун гъулбасги лъола», — ян лъугIизабуна Берих росулъа Абакар Мусаевас кIудадал хабар.

Гьедин, Дагъистаналде тIад руссарал цезазул цоял жидерго росабалъ чIана, цогидал лъарагIлъиялде гочана. Щайгурелъул магIарухъ хутIараб гьезул магIишаталда тIубанго лалтIамун букIана минабиги риххизарун. Амма лъарагIлъиялде гочарал гIадамазги магIишат цIидасан гьабизе ккана, щайгурелъул гьезухъ балагьун чIарал чагIи рукIинчIелъул гъораги.

 

ХьуцIил цIурал авлахъал ракъвазарулаго, гIезегIан чагIи унтана, хвана.

Доб мехалда лъарагIлъиялде гочаразда гьоркьов вукIана, 5 сон бараб мехалда хъизангун цадахъ Чачаналде гочинавурав, Цицимах росулъа МухIамад ХIамзатовги.

 

Цезал депортациялде ккараб халкълъун рикIкIине хIажат букIиналъул суал зама-заманалдасан борхулаан гьес. Амма гьев мурадалде щвечIо.

Гьедин чачаназе депортация цоцIул гьабун батани, дагъистаниял кIицIул гочине ккана жидеца гIумру гьабулеб букIараб бакIалдаса. Депортациялда рукIанин абураб даражаги чIезабичIо.