Анси шагьаралда жакъа бугеб хIал

Ума ХIайбулаева, Франциялъул Анси шагьар

 

Карантин нижер шагьаралда байбихьана 16 марталда ва кутакалда цIунулел руго рихьизарурал тIалабал.

КъватIахъ къанагIатги чи вихьуларо, киналгоязде гIунтIун гьурмада маскабиги ххун хьвадулел руго.

Аптекабазда къанагIалъун руго маскаби ва захIматаб хIал буго дезинфекциялъе хIажалъулел сурсатазул рахъалъ. Маскаби рокъо-рокъор жидецаго гIадамазги рукъулел руго. Мисалалъе, 13 сон барай дир яс ШугIайнатицаги рукъула гьел ва мадугьалзабазе рикьула.

Нижер Анси шагьаралда, газетазда хъвавухъе, цо чи хунги вуго, лъебергояв унтунги вуго.

Имбирь ва лимон нижер гьаниб хиралъичIо. Дунялалдаго бищун хирияблъун рикIкIунеб Франциялда жакъа имбирь бичулеб буго 110 гъурщиде килограмм гьабун. ЗахIматаб заманалъ яги Рамазан моцIалъ гьанир багьаби эхеде рахунаро.

Къаси-къаси, сагIат микьго тIубараб мехалда, ниж- киналго мадугьалзабаз, рагъидеги рахъун, баркала кьун, хъат чIвала, гIадамазул сахлъиялъе гIоло къеркьолел тохтурзабазегун медсестрабазе.

Тохтурзабаз электроннияб почалдаса нижехъего ритIарал рецептазда рекъон аптекабаздаса росула

дарабиги.

Карантиналъул тIоцересел къоязда дагьа-макъалго захIмалъаби рукIана кванил нигIматазул рахъалъ, гьанже кинабго лъикI буго.

Хириял, дир ватIанцоял-дагъистаниял! Гьаб тIолазего захIматаб заманалда дица нужее гьарула щулияб сахлъиги, рекIелъ гъваридаб иманги, цоцадехун кIудияб адаб-хIурматги.

ЦIакъго хIажалъи гьечIого къватIире рахъунге, цIуне нужго!