Референдумалда хадуб хал кколел ЖамгIияб палатаялъ рищизе руго

26 марталда ДРялъул ЖамгIияб палатаялъ жамгIиял гIуцIабазулгун къотIи гьабуна РФялъул Конституция хисизабиялда бан тIобитIизесеб референдумалда хадуб халкколел чагIи цадахъ рекъон рищизе.
 

Палатаялъул нухмалъулев ГIаб­дулхIалим Мачаевас абуна хадув жив гьебго суалалъ политикиял партиязул вакилзабигунги дандчIвазе вугилан.
Гьеб референдум 22 апрелалда тIобитIизе кколаан. Амма коронавирусалъе гIоло карантин лъазабиялда бан, гьеб тадбир нахъбахъун буго. Жеги къоги чIезабун гьечIо. ГьечIониги, нилъер республикаялда референдумалде хIадурлъи гьоркьоб къотIизе толеб гьечIо.
 
ЖамгIияб палатаялъул гьеб данделъиялда видеобухьеналдалъун гIахьаллъана инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ Москваялъул бюроялъул нухмалъулев Александр Бродги. 
Гьес бицана церетIурал улкабазул Конституциялги гIезегIан хисизарунилан. Масала, СШАя­лъул конституция хисизабунила 27, Франциялъул – 18, Германиялъул – 218, Италиялъул – 14 нухалъ. 
 
Гьел хиса-басиял гьариялъе гIиллалъунги тIадеялдаса тIаде улкаялда гIумру хисулеб букIин кколин бицана данделъиялда. 
Бродил ракIчIун буго Конституциялде тIадежураял гьариялдалъун нилъее киназего, пайда гурони, зарал ккунгутIиялда. КъватIисел пачалихъаздаги церетIеялде рачанила гьез. 
 
Гьезул цо-цо улкабазда Конституция хисиялъул хIужаби дагь рукIиналъе гIиллаби баян гьаруна ДГУялъул кафедраялъул доцент Татьяна Беджановалъ. Гьел къабул гьарулеб къагIида кутакалда захIматаб бугин абуна гьелъ. Масала, СШАялда гьел хиса-басиязул рахъкквезе кколила 50 штатазда гьоркьоса 38 штаталъ. Гурони, нахъчIвалел руго. Австралиялдаги гьеб рахъалъ кинабниги 46 референдум тIобитIун буго. ГIицIго анлъго референдумалда гурони халкъалъ разилъи кьун гьечIо. 
Гьеб данделъиялда жамгIиял хIаракатчагIаз щаклъи загьир гьабулеб букIана, нилъер гьаниб референдум тIобитIани, гьелъул хIасилал хIакъикъиял рукIинадайилан. Республикаялъул НКОязул Координациялъул советалъул нухмалъулев Шамил Хадулаевас рехсана рищиязда нилъер гьаниб букIунеб хIилла. Гьединго гьереси гьариладай гьал цоял хIасилалгийин абуна гьес. 
 
Цоги жамгIияв хIаракатчиясги тIаде жубана хIилла гьаби гуребги, цIакъго дагьал чагIиги рачIунила рищиязде. Киндила кIвезе бугеб нужеда гьенире гIадамал ракIаризе. Гьеб суал кьуна гьес ДРялъул рищиязул комиссиялъул нухмалъулев МухIамад Дибировасе. Гьесги Мачаевасги жаваб кьуна гьаркьал ри­къулилан гаргалел рокъор чIечIого, гьеб къоялъ рачIун участокалдегун, щивас жидедаго тIадаб налъи тIубазабуни, иш лъикIаб рахънибе кколилан. 
ТалихI кьегийин, гьел рищиязул территориалиял участкабазда учительзаби тогейин, руцIцIухIунги чIун, гьаз-доз кьурал буюру­хъал тIуразарулел рукIунин гьелилан тIаде жубана имам Шамилил цIаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб фондалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаевас. 
 
Гьесда лъикIаблъун бихьулеб бугоан референдум жеги бащдаб лъагIалица нахъ бахъизеги. Гьелъие кIиго гIиллаги рехсана гьес – рагIа-ракьанде щун жеги гьел хиса-басиял гьоркьор лъун гьечIолъи, гьединго коронавирус гIодоцинегIан чIезе ккей. 
ТIадежоялъе, жеги референдумго тIобитIилалде ричулел ругин РФялъул Конституциялъулъ гьарурал хиса-басиялин тIадги хъварал тIахьал, гьелъ гIадамазул ракIги белъизабулин кIалъана Хархачаев. 
 
Амма гьединал тIахьалги харбалги бокьарав чияс риччазе бегьулин жаваб кьуна ГIабдулхIалим Мачаевас. 
Живго Мачаевасе асар гьабулеб бугоан Конституциялъул 68-абилеб статьяялъ. Гьелъ регионазе рес кьолеб буго пачалихъияб мацIлъун жиде-жидерго бакIалъул мацIги рикIкIине (кинабгIаги документациялъулъ гьеб хIалтIизабизе). 
Амма чанго батIияб мацIалда кIалъалел гIадамал ругеб нилъер республикаялъул хIисаб гьабуни, кинаб халкъалъул мацIдай гьаниб тIаса бищила? Бищизего бажариладай?