«Щивас батIа-батIаго щай гIузрабазул бицине кколеб?»

Ункъо магIарулас гьабизехъин бугеб ункъо батIияб съездалъул бицун букIана нижеца цебеккун. Гьел ккола МухIамад Чагучиев, Денга Халидов, Юсупбег Юсупов ва Шамил Хадулаев.

 

Чагучиевгун Халидов хутIизегIан, Юсуповги Хадулаевги рази руго цолъун, цо съезд гьабизе. Амма гьезул цонигияс жеги къо-моцI чIезабун гьечIо гьелъие.

Щивас батIа-батIаго данделъун щай республикаялъул гIузрабазул бицине кколеб? Щай гьел цойиде ракIаруларел? КъваригIунго бугодай гьеб съезд яги гьелъул бакIалда форумищ тIобитIизе кколеб?
Гьел суалал дандрана 17 марталда МахIачхъалаялда Профсоюзазул минаялъуб букIараб данделъиялда.
Гьелда гIахьаллъана Юсупбег Юсуповги Шамил Хадулаевги. Амма Чагучиевасул яги Хали­довасул ра­хъалдаса рачIарал чагIи рукIинчIо.
Гьенир халлъулел рукIана республикаялда рагIи билълъарал экономисталги, жамгIиял церехъабиги, гIалимзабиги, цере лъикIал хъулухъазда рукIарал дагъистаниялги.
ТIолго дагъистаниязул съезд щай къваригIарабали бицунаго, гьез ракIалде щвезарулел ругоан исана республикаялда районазул ва шагьаразул собраниязде тIоритIизесел рищиял (тIадеялъул гьел РФя­лъул Пачалихъияб Думаялдегун ДРя­лъул Халкъияб Собраниялдеги тIо­ритIизе руго).
БакIал ралезул гильдиялъул вице-президент ХIажи ХIажиевасул рагIабазда рекъон, ахираб микьго соналда жаниб анкьго завод заказал гьечIолъиялъ тIубараб хIалалъ хIалтIичIо.
ХIакъикъаталдаги, 2018 соналда дандеккун, 2019 соналда 50 проценталъ дагьлъун руго гьел заказал. Гьелъие гIилла кколин Совет СоюзалдагIанасеб къадаралда гьанже рагъулалгун гражданиял гумиги къватIире риччангутIиян баян гьабуна гьеб хIужа М. ХIажиевасул цIаралда бугеб заводалъул генералияв директор ГIабдулвагьаб Папалашевас.
Регионалъул экономика гьеб экономикаялда хIалтIулел гьоркьохъеб классалъул чагIазда бараб букIунин абуна ХIажи ХIажиевас. Гьединлъидал экономикаялде кIвар кьезе кколила.
Гурони, ХIажи ХIажиевасул пикруялда рекъон, рынокалдаса нахъе уне-унел рукIине руго нилъер предприятиял. Масала, гьедин нахъе ун буго бакIал ралеб 250 гIуцIи – къан яги республика тун къватIибе гочун.
ХIажиевас кIвар буссинабуна мугIрузул росаби цIунун хутIиялъе квербакъиялдеги:
«Хъата-масан мугIрузул районал церетIезариялъе программаги хIадурун, тIалъиялъ гьелъие биччана 500 млн гъурущ. Гьеб гIарац щуго соналде бикьани, нус-нус млн гъурущ кколеб буго. Гьеб нусго миллионги бикье мугIрузул 28 районалда гьоркьоб, ккола – лъабго миллионалдаса цIикIкIараб гъурущ. Гьеб мехалда кинаб цебетIеялъул бицунел нилъ ругел?
Ахираб 15 соналда жаниб ма­гIарухъа гIодоблъиялде гочана 300 азарго чи. Гъоркьиса маялда Нальчикалда букIараб Северияб Кавказалъул форумалда борхана нижеца гьеб суал. Гьеб мехалда президентасул администрациялдаса референтас босун ана дихъа мугIрул церетIезариялъул, энергетикаялъул ва лъел хIакъалъулъ хъвараб лъабабго докладги».
Съезд гьабизе кколин рикIкIунезул цояв вуго юридикиял гIелмабазул кандидат Шамхал-Дибир ГIисаевги.
Жал республикаялъул тIалъиялда дандечIарал чагIи гурин абуна гьес, гIицIго бокьараб жо бугила республика кризисалдаса борчIизаби. Хасго гьев рекIекълъун вугоан «ахираб кIиго соналда жаниб республикаялда хIалтIизабизе бажаричIого, Москваялде 24 млрд гъурущ нахъбуссинабиялдаса».
«Дагестан Единый» абулеб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Юсупбег Юсуповасул рахIат хвезабулеб буго гьадинал хIужабаз:
ГIиси-бикъинаб даран-базара­лъул чагIазе квалквалал гьарулел руго. 200-гIан росуги буго жеги жидер даража чIезабичIеб, налогал лъечIого, хIисабалде росичIого тарал севералдагун югалъул рахъалда ругел ракьазулни бицинего ккелищха.
ХIалтIи гьечIого хутIарал гIолохъабазул 100-150 чи уна къойилго республика тун къватIиве. Кутакалда ракIбакъвазабулеб хIужа буго гьеб».
Нилъер гIадамазул кутакалда гIайиб-гъвел буго ахирал соназда нилъехъе нухмалъулел къватIиса рачIунел рукIунилан.
Гьелда бан кIалъана М. ХIа­жиевасул цIаралда бугеб заво­далъул генералияв директор ГIабдулвагьаб Папалашев:
«Нилъехъе ДРялъул бетIерлъун Владимир Васильевги хIукуматалъул нухмалъулевлъун Артем Здуновги рачIин нилъерго гIайиб ккола. Нилъеца гьабуралъухъ балагьунин Владимир Путиница гьел гьанире ритIарал, гьез Дагъистан рукIалиде бачинилан хьулалда.
Дида ккола Васильев гьаниве кинаб букIаниги шапакъаталде яги цIаралде хьулги лъун гурин вачIун вугев. Гьединав чи гуро гьев. БатIаго цо бугеб хIакъикъат бицани, гьелда божичIогого, гьелъул сан гьабичIого вукIинаро гьев. ХIукуматалдаги гIезегIан ритIухъал чагIи хIалтIулел руго. Амма кинабго бажарулеб батиларо».
Гьебго тема халат бахъинабуна НКОязул координациялъул советалъул нухмалъулев Шамил Хадулаевасги:
«ГIадамазул ццим бахъунеб буго щибаб нухалда Татарстаналдаса, Москваялдаса чи хъулухъалде тIамуни. Гьеб лъил гIайиб? Аллагьас цIунаги, цониги дагъистанияв хъулухъалда толев вугилан хабар баккани, сагIат гIола нилъер чагIазе, гIолел-гIоларел рахъалги лъазарун, гьев чи рощногохIилъ къазавизе. ГурхIундай гьеб мехалда Васильевас къватIиса чи теларев? Нилъго нилъе­ца кIкIунел руго. Цоцада нахъасан къватIул харбал тIиритIизарулел хутIун руго нилъ. Советияб ва гьелда цебесеб заманалда гIадин тамихI гьабун яги саламцин кьечIого толелани гьединал чагIи, иш гьалде ккелароан. Гьедин гьабулеб бугони гурони, нилъер Дагъистан унго-унголъунги цолъуларо».
Хадуб Хадулаев вачIана съезд ахIиялъул хабаралдеги. Жив чанцIулго гара-чIваранила МухIамад Чагучиевгун ва Денга Халидовгун.
«Гьезда гьоркьоб дандеккунгутIи буго. Республикаялъул букIинеселъе гIоло гьабулеб ишалде хIажалъи ккедал, хасал мурадал нахъе цузе бегьуларогойищ?
Юсупбегидехунги дудехунги ки­наб­гIаги берчIегIерлъи гьечIин жиндирин абулеб буго Чагучиевас. Гьебго жо Халидовасги абулеб буго. Амма цолъизе ракIалда гьечIо.
Денга Халидовас экономистазде мугъчIвай гьабизехъин буго. Амма гьедин иш релълъунаро. Нижгун цолъани, гьезие халкъалъулги цере тIалъиялда рукIарал чагIазулги кумек щвезе буго», — ян бицана Шамил Хадулаевас.
Гьеб данделъиялда вукIана цебе ДРялъул пенсиязул фондалъе нухмалъи гьабурав Амучи Амутиновги.
Жив гьединал съездазул киназдаго гIахьаллъанин ракIалде щвезабуна гьес, ай МухIамадсалам Му­хIамадовасул, Рамазан ГIабдула­тIи­повасул заманалда гьарулал съездазда.
«ГьабсагIаталда нилъее чара гье­чIого хIажатаб жо буго цолъи. Цо штабалда хIадурунищ киналго ругелали – Денга, Чагучиев, Юсупбег, цогидал (Хадулаев – авт.) – киналго руго, цоцазе квешезе гIадин, съездал гьаризе лъугьун. Щивас абизе буго жиндир съезд бугин бищунго хIакъикъиябилан.
ТIаде балагьун, релъизе бачIунеб буго гьелда, рекъон гьечIо гьеб. Дир хIисабалда, гьел киналго цолъизе ккола. Яги нилъ ургъизе ккола гьел кин данде гьарилелин абураб суалалда тIад», — ан кIалъана Амутинов.
Данделъиялъул ахиралда хIукму гьабуна рагIи билълъарал чагIиги гъорлъе рачун, моцIрол ахиралдехун форум гьабизе. Цинги гьелъ бицина кинаб цIаралда гъоркь съезд ахIилебалиги. «Чрезвычайный» абун цIар лъеялъулги магIна бихьуларин абуна Юсупбег Юсуповас.