«Халкъияб аллеялда» ХъахIабросдал гъветI

19 марталда ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб рухIиябгун лъай кьеялъул централда гъутIби чIана Унсоколо районалъул ХъахIабросдал руччабазги.

 

«Нижееги цIакъ бокьун букIана республикаялъул тIолабго жамагIаталъул сурсатазухъ балеб бугеб рухIияб централда ХъахIабросдал руччабазулги лъалкI хутIизе. Гьединлъидал, ракIалде ккана гьениб гъветI чIезеги», — ян бицана тадбиралъул гIуцIарухъан Сулайсат ХIажиевалъ.

«Халкъияб аллеялда» буго жеги гъутIби чIезе бакIал. Квачараб къо букIаниги, ХъахIабросдал руччабазго г1адин, гъветI чIана пуланай эбелалъги ясалъги, лъимал г1емераб цо хъизамалъги. Гьенирго хIалтIулел рукIана цоги росдал гIадамалги – гьезги чIана цо чанго гъветI.

Щибаб гъветI чIолеб буго цIанбитIараб мухъда, гьоркьоб лъабгогун бащдаб метрагIанасеб манзилги тун. Кинабго хIалтIи гьабун бахъараб мехалда, «гьале дица чIараб гъветIилан» абизе рес щвела гьеб пайдаяб ишалъулъ гIахьаллъаразе.