ЖамагIаталъул кумекалдалъун

Гьал къоязда ЦIияб Хуштада росулъ бан лъугIана лъикIаб-кве­ша­лъеги, хвел-гIелалъеги дандеруссине кIитIалаяб мина. Гьеб бана Сайпудин ИсмагIиловасул хIаракаталдалъунги, росдал жамагIаталъул кумекалда­лъунги.

ТIоцебесеб тIалаялда буго 200 чи гIодов чIолеб бакI, богорукъ. АскIор­го ран руго библиотекаги спортивияб залги.
Гьеб мина рагьулеб данделъиялда гIахьаллъана росдалго жамагIат, рачIун рукIана гIемерал гьалбал.
Данделъиялда кIалъазе рахъараз баркала загьир гьабуна росдал жамагIаталъе, гIолохъабазе ва гьездаго цадахъ гьенибе гьезие квен-тIехалъе кумек гьабурал руччабазе.