«ХIалтIе, вацал»

 
 
21 февралалда МахIачхъалаялда «Гьудуллъиялъул минаялъуб» тIоби­тIана рагъулгун патриотизмалъул темаялда хъварал кучIдуздаса данде гьабураб антологиялъул презентация. Гьелъие квербакъана Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъ.
ТIехьалда цIар лъун буго «Работайте, братья» абун (2017 соналъ такъсирчагIаз чIвалелде цебе полициялъул хIалтIухъан МухIамад НурбахIандовас абурал рагIаби). Гьелъул автор ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул секретарь Сергей Соколкин. 
 
Аслияб къагIидаялда ВатIаналъе гIоло рухI кьун гIумруялдаса ра­тIалъарал гIолохъабазе сайгъат гьабун хъвараб бугин тIехьилан бицана миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовас.
«Советияб хIукумат биххун хадуб чангиязул пикру букIана гьанжесеб гIел бахIарчиял ишал гьаризе гIураб тавакалги гьунарги жиделъ гьечIеб бугин абураб. Амма 1999 соналъ Болъихъгун ЦIумада рукIарал лъугьа-бахъиназда нилъер ракьцояз бихьизабуна гьеб пикру мекъаб букIин», — ан абуна министрас. 
 
Хадуб гьес рагIи кьуна антология данде гьабурав Сергей Соколкиние.
«ТIоцебесеб нухалъ Дагъистаналде ХъахIал Къункърабазул байрамалде вачIарав дие кIудияб асар гьабуна нужер гIадамаз. Кутакалда гIадан хириял, рагьараб ракIалъул чагIи ратана дида дагъистаниял. Гьединлъидал, Москваялде нахъвуссиндал, дир кIудияб гъира бижана нужер хIакъалъулъ Россиялъул гIадамазе бицине. Чачаналъул рагъалъги терактазги ракIгъанцIизабун рукIарал гIурусазе Кавказалда батIиял гIада­мал­ги ругилан бицине бокьун бу­кIана дие. Расул ХIамзатовасулги, ралъ­дал тIиналда фашисталгун ва­гъун БахIарчиясул ЦIва щварав Му­хIамад ХIажиевасулги, гьанже заманалъул БахIарчи МухIамад Нур­бахIандовасулги Кавказ кинаб бу­гебали гьезда лъазабизе бокьун бу­кIана», — ян бицана хъвадарухъанас.
 
Гьелъул кьучIалда гьес байбихьун буго чанго шагIирасул асарал жанире ракIарараб, ватIан бокьиялъул темаялда хъварал кучIдузул антология данде гьабизеги.
ТIадежураялги гьарун, гьанже къва­тIибе биччараб антологиялде ун руго Дагъистаналда, Крымалда, Сириялда ва Чачаналда ккарал лъу­гьа-бахъиназул хIакъалъулъ хъва­раб 1300 кечI. Масала, гьенир ру­го Расул ХIамзатовасул, Марина АхIмадовалъул ва Россиялъул чан­го регионалдаса шагIирзабазул кучI­дул.
Презентациялда кIалъазе ра­хъана М. НурбахIандовасул эмен НурбахIанд НурбахIандов, ГIаб­­дул­манап НурмухIамадов, Ка­рачае­во-Черкесиялдаса поэт Му­хIа­мад Огъу­зов ва цогидалги.