Коронавирусалъ сири базабун буго дунялалдаго

Гьаб анкьида жаниб дунялалъулго информалатаз кIвар буссинабураб хабарлъун рикIкIине бегьула Китаялдаса загьирлъун бачIараб цIияб унти. Коронавирусилан цIар кьураб гIузруялъ рецун ралел руго гьенир гIадамал. 

 

     Ахирисел баяназда рекъон, Китаялда гьелъ хун вуго 200-ялде гIагарун чи. Унтаразул къадар анкь­азаргоялде бахун буго. Улкаялда рахIат хвараб ахIвал-хIал буго. Коронавирусалъ унтарал регизаризе хас гьабун балеб буго цIияб больницаги. Ункъо къоялда жаниб бан ба­хъанин гье­билангицин бицен буго. Кита­ялдаса къватIиве, я гьениве жани­ве виччалев гьечIо къватIиб хIу­куматалдаса чи. Гьоркьор къо­тIун руго гьенире турфирмабазул сапаралги.
Гьединго коронавирусалъул тIи­ри щун буго Япониялде, Кореялде, Таиландалде, Канадаялде, Франциялде ва СШАялде. Россиялде гьеб унти жеги щун гьечIо. Амма Воронежалда гьеб букIиналда щаклъи ккарал кIигоял, «Хехаб кумекги» бачIун, больницаялде рачун ругин хъвалеб буго интернеталда. Коронавирус кколищ гьебали мухIканго лъала чанго къоялдасан.
Нилъер республикаялдаги гьеб рахъалъ цIуна-къаялъул тад­бирал гьаризе байбихьун буго. Хас гьабун гьеб суалалда тIасан 28 январалда данделъи ахIун букIана хIукуматалъул нухмалъулев Артем Здуновас. Аэропортазда­гун республикаялъул гIорхъи ба­­хунел бакIазда къватIисел хIу­ку­матаздаса вачIунев чиясул хал­гьа­булеб буго.
ДГУялдаса биологиял гIелма­ба­зул доктор МухIамад­расул Му­хIа­мадовас абулеб буго
— Коронавирус абураб инфекция цебеги букIана, амма гьаб нухалъ гIадин цересан гIадамал чIвалел рукIинчIо гьелъ. ЦIияб инфекциялъул батIалъилъун ккола инсанасул иммуннияб системаялъухъа гьелда дандечIезе бажарулеб къуват гьечIолъи. Гьеб гуребги, цIияб коронавирус хехаб куцалда цогидал вирусалгун жубалеб буго ва гьелъ кинабго ахIвал-хIалги хIалуцинабулеб бу­го. 

    ГIелмуялда жаниб буго генал доре гьанире роси абураб бичIчIи. БичIчIуледухъ абуни, цо вирусалъул генетикияб материал цолъулеб буго инсанасул къаркъалаялъубе бигьаго лъугьун бажарулеб цогидаб вирусгун. Гьелъул хIасилалда бакку­леб буго цебе эволюциялда рагIун­цин букIинчIеб цIияб унти имму­ннияб хIадурлъи гьечIого. Гьелде данде къеркьей гьабизе бажару­ларо гIадамасухъа. Гье­­д­инал вирусал инсанасул гIум­­­руялъе цIакъго хIинкъи цIи­­­кIкIаралги руго. Гьединал ру­­­кIана хIанчIазул ва болъонил грипп абун цIар лъурал унтабиги, гьеб­­го даража гьанже загьирлъун бу­го коронавируса­лъулги, — ян.
     Амма гIалимчиясул ракIчIей буго нилъер республикаялде гье­дигIан хеккого гьеб гIузру щвеларилан.
     — Россиялъул медицина къуватаб буго. Гьеб унтуда данде къеркьей гьабун бажарулел институталги лабораториялги хIалтIизе риччан, инфекциялда цебе галан къазе бажарула нилъер хIу­ку­маталъухъа, — ян рикIкIунеб буго гьес.
     Амма кин букIаниги, улкаялда, гьединго нилъер республикаялдаги халкъалда гьоркьоб бихха-хочи цIикIкIун буго.
     Дагьабниги инфекциялда ре­лълъараб гIузру халлъани, хъата-масан «Хехаб кумек» ахIизе рортулел руго гIадамал. Сордо-къоялда жаниб микьнусго ахIи къабул гьабунин жидеца ахираб лъабго-ункъо сордоялда жанибилан бицана «ХIакъикъаталъе», Республикаялъул «Медицина катастроф» идараялъул тохтур ГIабдурахIман Хайрулаевас.
    — Коронавирус Дагъистаналде щун гьечIо, щвезе хъванги батугеги. Кин бугониги, гIадамалги батIи-батIиял рукIунелъулха. ТIу­бараб дунялалдаго рахIат хун бугеб мехалъ ни­лъералги хIин­къичIого рукIинищ. Узухъда, гьеб микьнусабго нухалъ коронавирус сабаблъун гуро «Хехаб кумек» ахIараб. ОРВИялъ унтаралги ругелъул гIемерал. Амма 800-ялда гьоркьоб 200-яб ккола коронавирусалъухъа хIинкъун ниж ахIараб, — илан бицана ГIабдурахIманица.
     P.S. РФялъул хIукуматалъул премьер Михаил Мишустинил тIадкъаялда рекъон, 30 январалдаса байбихьун, Дальний Востокалда бугеб Россиялъул гIорхъи къалеб буго. Рес батун Китаялде ва коронавирус щун бугел пачалихъазде сапарал гьаричIого теян халкъалде хитIаб гьабуна улкаялъул МИДалъги. 28 январалда тIобитIараб хасаб данделъиялда президент Владимир Путиница хIукуматалъул кабинеталдаса тIалаб гьабуна хIинкъи цIикIкIараб вирус нагагь Россиялде щвани, гьелде хIадурлъи гьабизе. Вице-премьер Татьяна Голиковалъ абуна вирус жеги Россиялде щун гьечIин, амма февралалда гьеб нилъер пачалихъалдеги борчIизе ресал гIемерал ругилан.