Дида малъаризе ихтияр гьечIо!

23 январалда Гьудуллъиялъул минаялда тIобитIана ДРялъул ЖамгIияб палатаялъ гIуцIараб данделъи. Гьениб бицана улкаялда тIобитIулеб социалияб политикаялъул масъалабазул хIакъалъулъ. 

 

Данделъиялда гIахьаллъана РФялъул жамгIияй хIаракатчIужу, Миллияб умумузул комитеталъул председатель Ирина Волынцева. Аслияблъун букIана «Улкаялъул нухмалъиялъ тIобитIулеб политикаялъул хIасилалда «демографиялъул кIичIикьа» рорчIизе рес бугищ?» абураб суал.
Ирина Волынцевалъ бицаралда рекъон, Россиялъул Пачалихъияб Думаялда къабул гьабизехъин буго «Хъизамалда ва рукIа-рахъиналда зулму гьабунгутIиялъул мурадалда тадбирал гIуцIиялъул хIакъалъулъ» абураб законалъул проект. «Гьеб проект къабул гьабуни, нилъер ихтияр хутIизе гьечIо лъималазда бадибчIвай гьабизеги, малъаризеги, лъадул росасги росасул лъадуцаги ракIбакъвазабизеги. Хъизамалъул чиясул гуребги, мадугьаласул яги къотIносан унев бокьарав чиясул ихтияр букIине буго пуланав чияс лъади юхулин, пуланай эбелалъ жиндир лъимадуе зулму гьабулин яги пуланаб хъизамалда лъималаздехун квешаб бербалагьи бугин абун полиициялда яги цогидаб хасаб идараялда лъазабизе. Гьеб мехалда хъизамалъул талихIаб гIумруялъе ахир лъеялда кинабгIаги щаклъи гьечIо», — ян бицана Ирина Волынцевалъ.
Рехсараб законалъул проект Пачалихъияб Думаялъул данде­лъиялда цебе лъун буго 41 нухалъ! Гьеб къабул гьабизе бегьуларин абун, жидерго пикраби загьир гьаруна регионазулги федералиябги ЖамгIиял палатабаз, регионалиял пачалихъиял идарабаз. Инкар гьабиялъе аслияб гIиллаги буго рехсараб законопроекталъ тIубанго хъвагIазе букIин улкаялда билълъанхъараб хъизама­лъул гIадлу-низамгун хъизамалда тарбия. Законопроекталъул аслияй байрахъулай кколей рагIула машгьурай журналистка, Думаялъул депутат Оксана Пушкина. Амма, законалъул проекталъулгун лъай-хъвай гьабун хадуб, депутатаз инкар гьабулеб буго гьеб къабул гьабиялъе. ЧанцIулго инкар гьабуниги, Пушкина нахъего къалей гьечIо. Щай? Гьеб гIиллаялъулги цогидалъулги хIакъалъулъ цIале «ХIакъикъаталъул» иргадулаб номералда.