ХитIабалъул тIокIлъи — социалияб гьетIи

ГьанжегIагар ДРялъул бетIер Владимир Васильевас данде гьарун рукIана пачалихъиял СМИязул бетIерал редакторал.

Гьениве ахIун вукIана «ХIа­къи­къат» газеталъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановги.
— ГIумахан, республикаялъул бетIерас нуж данде гьариялъе гIилла кинаб букIараб?
— РФялъул президент Владимир Путиница санайилго Федералияб Собраниялде гьабулеб ХитIаб гьоркьоб лъей букIана гьеб дандчIваялъул мурад.
Информация кодоб бугев чияс дунял квегъизецин рес бугилан абуларищха. Гьединлъидал республикаялъул бетIер Владимир Васильевасги бичIчIизабулеб букIана, информация кодоб бугел чагIи хIисабалда, журналистаз халкъа­лъухъе битIараб пикру щвезаби­я­лъул мурад бугин жиндир.
Хасго Васильевас тIадчIей гьабуна миллиял проектазул бициналда. «Мой Дагестан — комфортная городская среда», «Мой Дагестан — моя вода» ва «Мой Дагестан — мои дороги» абурал проектазда рекъон, лъимгун газ рачунел, шагьранухал гIатIилъизарулел, социалиял объектал ралел ругелъулха кирго.
Араб соналда гьабураб хIалтIул хIисаб гьабулаго, Васильевас абуна нилъее гIицIал тарихалги статистикаги гурин хIажат ругел, хIакъикъияб хIалтIи къваригIун бугилан. Гьебго жо тIалаб гьабулеб бугила нилъедаса президент Путиницаги.
Гьединго республикаялда чара гьечIого тIуразе ккарал суалазда гъорлъ Васильевас рехсолеб букIана налогал ракIари цIикIкIинабизе ккейги. АнцI-анцI соназ балъго гьабун жидеего щолеб хайиргун, бюджеталде кьолел цIакъго мукъсанал рукIиндалха.
— Гьанже улкаялъул хIуку­ма­та­лъул бетIерлъуде налогазул инспекциялъул нухмалъиялда вукIарав Михаил Мишустинги вачIун вугелъул.
— У, жиндирго иш лъалев чи вугилан гьесие лъикIаб къимат кьуна доб дандчIваялда Владимир Васильевасги.
Диегоги бищунго асар гьабуна хъулухъалде ккун чанго къоялдасан Мишустиница РФялъул хIукумат федералиябгун пенсиязул цIидасан бюджет хъвазе тIамунин, гье­лъие бихьизабураб заманги гIицIго кIиго анкь гурони гьечIилан абураб макъалаялъ. Ричча-рихъан тун ругьунал хIакимзабаздаса иш тIалаб гьабизе гьединав премьер лъикI гурищха?
Цинги цIигьабун бюджет гIуцIун хадуб ирга щвезе рагIула президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде гьабураб хитIаб гIумруялде бахъинабизе.
Гьеб хитIабалда гъорлъ ругел кIвар бугел суалазул цояб «эбелалъул капитал» бугиланги бицана Владимир Васильевас.
ТIоцебесеб лъимер гьабурал руччабазе гьеб кьезе букIин кутакалда лъикIаб пикру гьечIищха. Хасго нилъер республика лъимал гIемер гьарулеб регионазда гьоркьобги бугелъул.
Асар гьабулеб жо буго гьеб гIарац хвезабизе, цебе гIадин, лъимералъ лъабго сон базегIан чIезе кколел гьечIолъиги.
ДРялъул бетIерасул рагIабазда рекъон, президент Владимир Путиница гIаммаб куцалда губернаторазулгун пачалихъиял хъулухъазда, закон цIунулел идарабазда ругел хIакимзабазул жавабчилъи букIине ккеялъул бицаниги, гьелъул магIна буго улкаялъул халкъалъул рукIа-рахъин лъикIлъизаби, лъай щвеялъе нухал гIатIилъизари, сахлъи щулалъизаби.