Путинил кIалдиса кIудиял хьулал

Федералияб Собраниялде ХитIаб

«Эбелалъулаб капиталалъул» гьарзалъиги, хинаб къадеквенги,
Конституциялъул реформаги, депутатазе щвараб ихтиярги.

Эбелалъул гIарцул гуч

Владимир Путиница ракIалде щвезабуна 2006 соналъ гьадинабго хитIабгун цеве вахъунеб мехалъ, «Эелалъулаб капитал» программа хIалтIизе биччалеб бугилан гьабураб лъазаби.
— ГьабсагIат гьеб программа хIалтIулеб буго 2021 соналъул 31 декабралде щвезегIан. ГIемерисел гIолохъанал хъизамазда ургъел чIван батула 2022 соналъ гьеб программа къотIизе батулин абураб пикруялъ. Нижеца гьеб къотIизе гьабиларо. Эбелалъул капитал кьолеб программа халатбахъинабулеб буго 2026 соналъул 31 декабралде щвезегIан.

«Эбелалъулаб капитал» щвезе буго тIоцебесеб лъимер гьабун хадубги. Гьелъул жакъасеб къадаралда рекъон, гьеб ккола 466 000 гъурущ.
Амма жакъасеб демография­лъул ахIвал-хIалалда рекъон, гьебги гIураб къадар кколеб гьечIо. Нилъер рес буго гьеб жеги цIикIкIинабизе. Гьединлъидал рачIа гьеб 150 000 гъурущалъ цIикIкIинабизе. ТIаде жубараб къадаргун цадахъ, 616 000 гъурущ эбелалъул гIарцул щвезе буго кIиабилеб гьабураб лъимералъе, — ян абуна Владимир Путиница.

Учительзабазул харж
ва хинаб къадеквен

КIудияб разилъигун лъималазул улбуз къабул гьабураб хабар ккана байбихьул классазда цIалулел школлъималазе хинаб къадеквен чIобого чIезабиялда бараб лъазабиги.
МугIалимзабиги кIочон течIо Путинида. Класс бачаралъухъ тIоцебесеб сентябралдаса нахъе 5000 гъурщидаса дагьаб гьечIеб гIарац тIаде жубазе буго гьанже учителасул харжалде.
Президентас тIаде жубана жинда кIочон гьечIила мугIалимзабазул аслияб харж цIикIкIинабиялъул суалги. Маялъулал указазда гьоркьоб бугила гьелъул бицунеб.
Гьеб масъала жеги тIубан бахъин­чIила, амма рагIалда бахъинабичIого теларила.

Унтаразул ургъалида

Исана соналъул тIоцебесеб июлалдаса байбихьун цIиял ФАПАлгун поликлиникабазе ва больницабазе цIияб къайи-цIа босизе 550 млрд гъурущ биччазе бугинги бицана Владимир Путиница.
— Сахлъи цIуниялъул сфераялда хурхун цо-цо бергьенлъаби росизе кIвана нилъеда ахирал соназда. ГIумру халалъиялъул, ригь борхизаби ва лъимал хвеялъул хIужаби дагь гьаризе кIвей гIадал. Амма чанго километралъ рикIкIадасаги вачIун, поликлиникаялда тохтурасухъе ине ирга щвезегIан чIун, ракIсвакарав унтарасе ургъел гьечIо нилъеца рехсолел тарихазул. Гьесие ургъел буго жиндирго сахлъиялъул, квал­квал гьечIого тохтурасул кумек щвезе бугеб куцалъул. Гьеб хIисабалде босичIого тезе изну гьечIо нилъер, — ан абуна пачалихъалъул нухмалъулес.
Медицинаялъул вузазде лъугьунел студентазе бюджеталъулал бакIал цIикIкIинаризе ккеялъулги бицана гьес. Гьединго тохтурзабазе жанир чIезе бакIазул суалалдеги кIвар буссинабизе ахIана президентас регионалъул нухмалъулел. Хасго росабалъ хIалтIулел ругел тохтурзабазе.

Конституциялда хиса-басиял
ва Пачалихъияб Думаялъул даража

Гьел гурелги, гIемер батIи-батIиял масъалабазул хIакъалъулъ бицана президентас хитIабалда. ГIемерисез кIвар буссинабураб жо ккана РФя­лъул Конституциялда цо-цо хиса-басиял гьаризе ругилан абураб баян. Гьезда гьоркьоб букIана Россиялъул президентасул хъулухъалде кандидатура лъолев чиясда хурхун чIезаризе ругел шартIал. 25 соналъ Россиялда гIумру гьабулев чиясе гурони рес кьезе гьечIила гьенибе жиндирго кандидатура лъезе.
Гьединго Путиница абуна Пачалихъияб Думаялъе ихтияр кьолеб бугин хIукуматалъул министрзабазул кабинет гIуцIизеги. Гьанже гьелъул изну букIине бугин хIукуматалъул нухмалъулесул кандидатура цебе босизе гуребги, гьеб кандидатура тасдикъ гьабун, гьев хъулухъалда тезеги. Президентасул ихтияр букIине гьечIин гьезул хIукму нахъчIвазе. Амма хIукуматалъул нухмалъулев тезе тIаде босараб гIадин, Думаялъул депутатаз жаваб кьезе рагIула хIукуматалъул кабинеталъ гьабураб хIалтIулги, гьелъ гьарурал хIукмабазда хурхунги.
Владимир Путиница баян гьабуна нилъер пачалихъ кIудияб бугин, гьединлъидал тIубанго парламенталъул республика гьабун дандекколарин. Къуваталъул идарабазул нухмалъулел хъулухъалде тIамиялъул ишги президентасул бербалагьиялда гъоркь букIине бугин.

ДиванчагIазе тамихI ва Конституциялъул судалъе щвараб тIокIлъи

Цоги цIияб жолъун ккана Конституциялъул ва Верховный судазул судиязул «лъиданиги ралареллъун» букIараб даража хвезабулеб бугин абураб хабарги. Гьезул цIаралде ва намусалде дандекколарел ишал гьарурал судиял хIалтIудаса нахъе рачахъизе рагIула.
Гьелдаго цадахъ Конституциялъул судалъул даражаги борхизабизе букIиналъул тIаде жубана президентас. Пачалихъияб Думаялъ хIадур гьарурал къануналъул проектал, Конституциялде дандекколищали халгьабизе бугила гьез, президентасул гъулбас гьабилалде.
— Халкъалъул пикру — пачали­хъалъул суверенитет ва тIалъиялъул аслу хIисабалдаги букIине ккола аслияблъун. Жакъаги, метерги, букIинеселдаги, пачалихъа­лъул цебетIеялда ва халкъалъул ру­кIа-рахъин лъикIлъизабиялдаги жанир, ахир-къадги киналъего хIукму къотIулел чагIи ккола жалго гIадамал. Къуватаб, парахатаб ва жакъасел тIалабазде дандекколеб улкалъун Россия гьабизе нилъеда кIола халкъалъул, гIадамазул пикруялъухъ гIинтIамуни, — ян абуна ахиралдаги улкаялъул бетIерас.
Гьеб гуришха нилъер киназулго мурадги.

P.S. РФялъул Конституциял­да хиса-басиял гьаризелъун, пре­зидент Владимир Путинил тIад­къаялда рекъон, гIуцIун буго хасаб къокъа. Гьелда гъорлъ вуго ДРялъул Халкъияб Собраниялъул спикер Хизри ШихсагIидовги. Гьесдаго цадахъ гьенир руго къанун бахъулел чагIиги, гIалимзабиги, кочIохъабиги, артисталги, музыканталги, цогидалги.