Добго хурив – довго Муса

Гъоркьиса 6 декабралда къватIибе бачIараб «ХIакъикъаталда» бахъун букIана «ГьоцIалъ: токги гьечIо, нухалги «гIайналмалъун руго» абураб макъала.

 

Дирги гьоцIдерил росдал бегавуллъун вукIарав, гьанже Хунзахъ райадминистрациялда гIуцIарухъанлъиялъулгун правовияб отделалъул начальниклъун вугев Шамил Валиевасулги пикраби руго гьенир кьун.
Суал букIана нижер росулъ хасалил заманалда ток загIиплъулеб букIиналдаги кидаялиго рухъа-хъван хвезарурал шагьранухал цIигьаризе ккеялдаги тIасан.
Ток дагьлъиялъе Шамилица гьеб макъалаялда рачунел ругел гIиллабазда бан дирго пикру бицине бокьун буго дие тIадвуссун.
Масала, гIадамаз ток хIалтIизабулеб бугила чIабар хинлъизабизеги, росулъ гIемерлъун бугила гьелдалъун гурони хIалтIулареб къайи-цIаги. БухIараб токалъухъ гIарац кьоларел чагIиги чанги ругила.
Ратани, гьезда тIад хIалтIи гьабеха, букIине кколеб куцалда. Гурони, дун гIадинал чагIазда бугеб гIайиб щиб?
Жинца гIадин тIурччи бухIеян абуна гьес дида. Амма хаселалъ рукъзал хинлъизаризе тIурччи босизе ккани, 40 азарго гъурущ хIажалъула. МоцIрое мукъсаналго гурони гъурщал щоларел пенсионеразги, школалъул, ясли-ахазул хIалтIухъабазги киса гьебгощинаб гIарац бахъилеб?
Токалъулги нухазулги гIадаб суал гьекъолеб лъелги буго росулъ.
Шамил живго бегавуллъун вугеб мехалда росулъ киназего гIураб лъим букIунаан. Гьев нахъе аралдаса хвана гьелъул ишги. Шагьранухдасан рачарал рогIралги рорлъун, щивас жиде-жидехъего цIана гьеб. Цинги шлакоблокал гьарулеб бакIалдецин бачана. Рухъа-хъван лъуна нухалги. Кида гьезде ирга щолебалиги Аллагьасда лъала.
Гьединго нухда хутIун буго росулъ ток цIикIкIинабизе гьабулеб хIалтIиги. Амма гьеб рагIалде бахъин-бахъунгутIи цIехолев яги гIайибиязе тамихI гьабулев чи гьечIо.
Кибго гьедин буго. Гьале, газеталда бахъараб макъалаялдаса хадуб (цо пуланаб лъай-хъвай сабаблъун) телефоналдасан дир кIалъай ккун букIана магIарухъе ток кьолеб станциялъул хIакимасулгун. Жидеца цIикIкIинабилин гьеб токилан рагIи кьуралдасаги кIиабилеб моцI буго щибго хисуларого. Гьелъул магIна щиб? Ниж гIисинлъималищ гьедин берцинал харбаз реэдун тезе? БукIине кколеб хIалуциналда ток кьолеб гьечIони, гьелъухъ гIарацги кьезе кколарин рагIун букIана. Капек хутIичIого босулеб
буго гурищха хIукуматалъ нижехъа гьеб?
ГьоцIалъе газ бачине бугиланги хъвалеб буго. Ахирги гIадамал руссинаризе риччарал харбал ратила гьелги.
МухIамад ГIисаев Хунзахъ районалъул бетIерлъун вугеб мехалда тIокIалъ чIечIого раккулаан бакIалъул хIакимзаби нижехъе. Росулъ данделъа-би гьарун, гьикъулаан гIолел-гIоларел рахъал. Гьев аралдаса гьеб гIадатги лъугIана.