ГьитIинав МухIамад Мадани

Яловаялда бугеб Дагъистаналъул жамагIаталъ къватIибе биччалеб «Дагъистан» журналалъул редактор ГIали Асхар Текиние ва хъизан Фейзалие гьавурав васасда лъуна МухIамад Мадани абураб цIар.

КIикIуниса шайих МухIамад Маданил лъабабилаб наслуя-лъул чи вукIиналъ ва кIудияв инсул хIурмат гьабун лъуна гьез гьеб цIарги васасда.
КIикIуниса шайих МухIамад Мадани вуго, Яловаялъул Гюней росулъ чIей гьабун вукIарав ва Дагъистаналдаса Турциялде (1886) гочарал мугьажиразе цевехъанлъи гьабурав чи.
МухIамад Мадани, гIоло-хъанаб мехалда, чодаги рекIун КIикIуниса Сугъралъе, ГIабдурахIман-хIажиясухъе гIелму цIализе унев вукIун вуго. Нахъги вуссунев вукIун вуго батIи-батIияб заманалда. Амма рокъове щванщинахъе лъадуца гьесда церелъолел рукIун руго хинлъилаго ругел хинкIал. Цо нухалъ МухIамад Маданица гьелда гьикъун буго гьалъул хIикмат щибилан. Хъизаналъги жаваб гьабун буго мун чодаги рекIун вачIунеб мехалда пуланаб нохъоялде цеве щведал жинца хинкIал цIетIа лъолин.
МухIамад Маданица анкьго соналъ цIалулеб гIелму, лъабго соналда жаниб лъугIизабун буго. Гьелъул хIакъалъулъ ГIабдурахIман-хIажияс абун буго гьеб гIелму гьадигIан хехго дуца цIали дур хъизаналъул кумек букIин бугин.